Четверг, 28.03.2024, 20:10 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Сентябрь » 21 » АРАБ ГЬЕЧ1ОНИ, БУК1ИНЕСЕБГИ ГЬЕЧ1О.
19:39
АРАБ ГЬЕЧ1ОНИ, БУК1ИНЕСЕБГИ ГЬЕЧ1О.

Нилъерго тарих, цересел тарихиял лъугьа-бахъинал, х1ужжаби рак1алда ч1езари, нилъер умумул, рук1а-рахъин, машгьурал г1адамал, гьезул хьвада-ч1вади, нилъер халкъалъул г1адатал, культура лъазаби, гьезул церет1еяздаса рохи ва ч1ух1и, Ват1аналде рокьи, гьелъие г1оло, нилъер умумузул мисалалда, рух1 кьезеги х1адурлъи г1ун бач1унеб г1елалъулъ куцай-гьеб ккола ц1акъго к1вар ц1ик1к1араб ишлъун.

Гьеб мурадалда г1уц1араб бук1ана районалъул тарихалъулгин край лъазабиялъул музеялда районалъул г1адамазе культурияб рек1елгъей ва х1ухьбахъи гьабиялъул централъул ва рехсараб музеялъул х1алт1ухъабазул жигарчилъиялдалъун г1уц1араб «Рак1алда ч1еялъул г1орхъаби» абураб выставка (цебелъей). Гьеб сайгъат гьабун бук1ана 12 сентябралда нилъер улкаялда к1одо гьабураб Россиялъул художникасул къоялъе.

Выставкаялъул гьалбаллъун рук1ана Дагъистаналъул мустах1икъал художникал Апанди Мух1амадов ва Мух1амадов Г1амирхан, Дагъистаналъул т1адег1анал ц1алул заведениязул студентал, Дагъистаналъул изобразительныяб искусствалъул музеялъул вакилзаби, гьоркьохъел школазул ц1алдохъаби, районалъул искусствалъул школалъул преподавателалгун махщалилал, районалъул лъималазул творческияб рукъалъул, райадминистрациялъул, СМИялъул вакилзаби. Т1оцебе тадбир рагьарай районалъул зах1матчаг1азе культурияб рек1елгъей ва х1ухьбахъи гьабиялъул централъул директор Х1ажиева Ханика Т1алх1атовнаялъ выставкаялде рач1аразда баркана Россиялъул художникасул къо. Художниказ кагъаталдагун ххамида, релъабазул ва къалмил кумекалдалъун рахъарал суратазгун плакатаз, музеялъулал экспонатаз, церелъеялъулал экспозицияз, ян абуна гьелъ,-кумек гьабулила нилъер тарих ц1унизе ва бечед гьабизе, амма ахирияб заманалда цивилизациялъул х1асилалда, рехун толел ругила тарихиял бак1ал г1ун бач1унеб г1елалда лъалел гьеч1ила дунял хисизарурал лъугьа-бахъинал. Гьел рак1алде щвезаризелъун бач1унеб г1елалда гьел к1очон тезе риччангут1иялъул мурадалда, г1уц1араб бугила гьаб жакъасеб дандеруссингиян.

К1алъазе рахъарал райадминистрациялъулбет1ерасул заместитель Шамиль Г1аммаевас, художникал Г1амирхан Нурмух1амадовичас, Апанди Мух1амадовас к1удияб къимат ва баркала кьуна выставка г1уц1арай Ханика Т1алх1атовнаялъе ва гьелда хьолбохъ ч1ун х1алт1и гьабурал х1алт1ухъабазе.

Выставкаялде рач1араз хал гьабуна музеялъул киналго залазухъ, художниказул х1алт1абазухъ, цойги нухалъ рак1алде щвезабуна нилъер умумузул бах1арчияб тарих. Г1одоблъеялдаса балагьарал т1ад руссана рази-ракияб ах1вал-х1алалда.

 

Х1ажиева Ханика Т1алх1атовна нилъер районалъул культураялъулгин х1ухьбахъиялъул централде яч1аралдаса 2 моц1г1ан заман гурого бач1о. Мах1ачхъалаялда гьаюрай, гьенийго г1урай Ханика Т1алх1атовна, циндаго Хунзахъе х1алт1изе яч1иналъе г1илла лъазелъун дица гьелда ц1ехана хъизан-рукъги, Дагъистаналъул изобразительнияб искусствалъул музеялъул к1удияй г1елмияй х1алт1ухъаналъул х1алт1иги тун кин гьелда Хунзахъе х1алт1изе яч1ине к1варабилан. Гьелъ дие бицана: -Гьеб буго дир лъимерлъиялъул анищ. Дун Хунзахъ ва Гиничукь росабалъ кьалбал ругей г1адан йигелъул, каникулазул заманалда г1емер яч1унаан к1удиял эбел-инсухъе щвезе. Дир к1удияв эмен Х1айдарбегов Мансур вук1ана кутакалда ц1одорав, г1акъилав чи. Гьесда лъалаан г1емераб лъик1абщинаб, г1адамазул г1умру, тарих. Гьедин, гьит1инаб къоялдасанго дир рак1 бук1унаан Хунзахъ ва Гиничукь росабалъ, рак1алдеги кколаан кида-къадги дун гьание г1умру гьабизе яхъинилан. Рес щвараб мехалда дун гьание г1умру гьабизеги яхъана.

Хунзахъ район буго т1адег1анаб культураялъул бечедаб тарихалъул, машгьурал г1адамазул ракь. Рак1алда буго бат1и-бат1иял махщалил г1адамалгун данд ч1ван, гьелги гъорлъе ц1ан, дидасан бач1араб кумек районалъе гьабизе. Дун божула, киналъулго бич1ч1и бугев чи вугелъул, райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Камиловичасги, гьесул заместителазги ва т1олабго районалъул зах1матчаг1азги культураялъул х1алт1ухъабазе х1ал к1вараб кумек гьабизе бук1иналда.

Нилъецаги гьарила Ханика Т1алх1атовнаялъе х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъаби ва гьабулебщиналъулъ бит1 ккей.

Просмотров: 643 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz