Пятница, 29.03.2024, 05:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Ноябрь » 26 » АЛЖАН ЭБЕЛАЛЪУЛ Х1АТ1ИКЬ БУГО.
10:21
АЛЖАН ЭБЕЛАЛЪУЛ Х1АТ1ИКЬ БУГО.

Гьединаб ц1ар тараб, кутакалда хинаб, аваданаб тадбир т1обит1ана Гьоц1алъ 23 ноябралда, т1аде щолеб бугеб эбелалъул къоялъул х1урматалда.

К1иябго росдал лъимал г1емерал, г1умруялда жидеда къо бихьарал улбулги рак1арун, тадбир г1уц1иялъе к1удияб х1алт1и гьабуна школалъул коллективалъ, хасго рахьдал мац1алъул муг1алим, районалъул Жамг1ияб палатаялъул г1ахьалч1ужу Пат1имат Х1амзатовалъ. Улбузул рак1ал рохизеян тадбир г1уц1ун бук1ана чанго аваданаб къецалдасан, кеч1-бакъаналдасан. Районалъул нухмалъиялъул, т1олалго районцоязул ц1аралдасан гьоц1дерил улбузда т1аде щолеб бугеб байрам баркана Асадг1али Г1абдуразакъовас. Гъваридаб маг1наялъул к1алъай бук1ана т1алъиялъул вакиласул, щивав инсанасул г1умруялда эбелалъул к1варалъе къимат кьураб. Щияй эбелан ах1игун нахъе ялагьизе Аллагьас рес кьурайщиналъе баркигун ва баркалагун к1алъазе рахъана школалъул директор Г1. Г1абдурах1манов, райадминистрациялъул АТКялъул х1алт1ухъан Ш. Валиев ва гь. ц. Щивасе мугъ ч1валеб щулалъилъунги, жиндир дуг1аялъ лъимадул г1умру кколей Аллагьасе йокьулей лагълъунги эбел йик1ин иргадулаб нухалъги рак1алде щвезабуна тадбиралда г1ахьаллъаралщиназ. Байбихьана къецазде. Эбелалде жидецаго гьабураб кеч1 рик1к1ин, улбузде кеч1 ах1и, миллияб кьурди ва партал-хьит бихьизаби, спортивиял къецал-г1езег1ан бечедаб ва бат1и-бат1ияб бук1ана тадбиралъул сценарий. Щибаб церерахъиналъул х1асилалги данде росун, хас гьабун г1уц1араб жюриялъ загьир гьаруна бергьарал. Эбелалде кеч1 ах1ун бергьана Х1асанбегова Г1аишат, рик1к1ун-Мух1амадг1алиева Маржанат. (Амма, дирго пикруялда, эбелалде кеч1 гьабун рек1еда жаниб бугеб иллагьияб асаралъ гурого бач1унарелъул, дандбит1ун бугеб гьумералда, киналго улбузе сайгъат гьарун, кьолел руго лъабалго конкурсантазул куч1дул). Миллияб рет1ел бищун берцинаблъун рик1к1ана Хваджаева Пат1иматил, кьурди-Хваджаева Г1аишатил. 60 метраялда рекерун т1оцебесеб бак1 босана Г1абдулх1алимова Аминатица, канат ц1ан бергьана Саг1адулаева Саниятидасан, Г1абдулмут1алибова Пат1иматидасан, Мирзоева Раисатидасан, Х1ажиева Г1аишатидасан, Х1асанбегова Г1аишатидасан г1уц1араб команда. Амма гьаниб бихьизабизе ккола, щибаб къецалъул к1иабилеб-лъабабилеб бак1азде рач1аразулги киг1анги лъик1аб х1адурлъиги, т1оцебесеб бак1алъе мустах1икълъиги бук1араблъи. Г1уц1иялъул рахъалъ т1адег1анаб даражаялда бук1ана гьоц1дерил тадбир. Конкурсалда бергьаразе гуреб, щияй мажлисалде яч1арай эбелалъеги сайгъат бук1ана х1адурун. Гьеб ишалъулъ гьабураб квербакъиялъухъ гьоц1дерица баркала кьолеб бук1ана Гьит1инаб Гьоц1алъа, Краснодаралда ч1арав сахаватчи Мух1амадов Аминие ва жийго тадбир г1уц1арай Пат1имат Х1амзатовалъе. Къабулаблъун батаги нужер гьеб сафар моц1алъул ахирарбаг1алъ гьабурабщинаб садакъа. Руччабазе рокъоб къвариг1унебщинаб розыгрышалда лъураб, аваданаб бук1ана лотерея т1обит1иги: ц1а-раг1алдаса байбихьун берцинлъиялъул салоналда къач1адизе сертификатазде г1унт1ун рук1ана сайгъатазул фондалда. Разиго хут1ана балагьарал М. Г1исаевалъул «Тарбиялъул гъалат1ал» постановкаялдаса гьоц1дериял халкъиял театралаз бихьизабураб бут1аялдасагун умумузул квеназдасан г1уц1араб кванил ниг1матазул тепсиялдасаги, Хадижат Г1абдулкъадировалъ, Чаран ва Г1умарасх1аб Султ1анбеговаз, Х1ажимурад Дибировас кьураб маг1наяб концерталъулаб программаялдасаги. Рохалие гурого данделъизе хъван батугеги нуж, улбул!

Ф. Мух1амадова, суратал Мух1амад Мух1амадовасул (хасаб баркала гьесие).

Просмотров: 901 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz