Среда, 24.04.2024, 14:07 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Октябрь » 25 » АХИРИСЕБЛЪУН БАТАНА.
12:06
АХИРИСЕБЛЪУН БАТАНА.

«Росдал зах1матчи» газеталъул х1алт1ухъабазул г1адатлъун лъугьун буго цадахъ х1алт1улел рук1арал, коллективалдаса гьоркьоса нахъе арал х1урматиял г1адамазухъе гьезул ах1вал-х1ал ц1ехон гьоболлъухъе щвезе ин. Гьаб нухалдаги ниж ун рук1ана 25-г1ан соналъ газеталъе нухмалъи гьабурав Г1абдуразакъов Камалудин Макъсудовичасухъе Уздалросулъе. Жиндирго г1умрудул гьудул Маржанатида аск1ов хабар-к1алалда ватана нижеда Камалудин гьесухъе щвараб мехалда. Т1аде рач1арал гьалбадеридаса г1орхъи гьеч1еб рохелги загьир гьабун, Камалудин жиндиего хасиятаб махсаро-хоч1алда нижергун ругьунаб хабар-к1алалде гъорлъе жувана. Нижеца рак1алде щвезаруна цебе газеталда х1алт1улел рук1арал гьалмагъзаби, данде ккуна цебесебги гьанжесебги х1алт1и. Кинаб заманалда бук1аниги газета бук1ана ц1ияб г1умру г1уц1иялда цере ч1арал масъалаби т1уразариялде зах1матчаг1и ах1улеб коллективияб пропагандистлъун, унго-унгояб агитаторлъун ва г1уц1арухъанлъун. Камалудин Макъсудовичасул заманалда газета мустах1икълъана г1емерал дипломазе. Грамотабазе, г1арцулал премиябазе. Гьелъие щун бук1ана ДАССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул грамота, СССРалъул ВДНХялъул диплом ва гьел гурел г1емерал цогидалги шапакъатал.

Живго Камалудин Макъсудович мустах1икълъун вук1ана «Дагъистан Республикаялъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъан» абураб ц1аралъе. Гьев кколаан печаталъул отличник, СССРалъул журналистазул союзалъул член.

Газеталъул коллектив, бет1ералда Камалудин Г1абдуразакъовгун кидаго къеркьолеб бук1ана газета ц1ик1к1ун маг1на бугеблъун, жигараблъун ва интересаблъун гьабиялда т1ад. Гьелдаго цадахъ к1вар кьолаан х1алт1улъ дандч1валел г1унгут1аби загьир гьариялде. Росдал маг1ишат цебет1езабиялда дандч1валел зах1малъаби къезариялде, критикиял макъалабазул х1асил ккезабиялде.

Камалудиница малъа-хъваял гьарун, кидаго кумек гьабулаан х1алт1уде т1аде росарал ц1иял журналистазе. Гьев ккараб бак1алда кьвараравги вук1ана, ккаралъув х1еренавги вук1ана. Газеталда кинаб бук1аниги тохаб-г1инч1аб жо къват1ибе ун батани, гьев ц1об гьеч1ого семулаан ва гьебго заманалда бич1ч1изабулаан гьеб жинца г1аммаб иш роц1ц1ун бук1иналъе г1оло гьабулеб х1алт1и бук1ин. Гьесда лъалаан жиндихъаго ккараб гъалат1алдаса т1аса лъугьаян гьаризеги. Газеталъул редакциялдаса нахъе унелъул, гьев киналго цадахъ х1алт1улел рук1арал т1аса лъугьинеги гьарун гурого инч1о.

Камалудин Макъсудович вук1ана ккараб бак1алда кколеб раг1и абизе бажарулев рак1бац1ц1адаб ва рит1ухъав нухмалъулев.

Ахирисеб бук1ун буго дагьаб цебег1ан нижеца гьесухъе гьабураб сапарги. Гьеб бич1ч1араб г1адин, ниж т1орит1улелъул къват1ивеги вахъун, нижергун къо-мех лъик1 гьабулев, ниж т1ерхьинег1ан нахъе унарого вук1ана гьев. Ахират лъик1аб кьун батаги гьесие. Нахъе хут1арал гьесул хъизан-лъималазда баракат лъеги.   

Просмотров: 531 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz