Среда, 24.04.2024, 08:23 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Ноябрь » 14 » АХИХЪАНЛЪИ: ЖАКЪАСЕБ АХ1ВАЛ-Х1АЛ.
11:29
АХИХЪАНЛЪИ: ЖАКЪАСЕБ АХ1ВАЛ-Х1АЛ.

Гъут1би ч1аралги пихъ г1езабурабги г1оларо

Цересел моц1аз дица, районалда  ахихъанлъиялъул бугеб ах1вал-х1алалъул х1акъалъулъ, росдал маг1ишаталъул отделалъул специалист Ибрагьимов Ах1мадилгун гара-ч1вари гьабулаго, ихдал ч1арал гъут1бузул бицунаго, гьес абун бук1ана г1адамазда рак1алда бугин хаслихъеги гъут1би ч1езеян. Заман цебе унелъул, гьес абураб мехги т1аде  щведал, рак1алде ккана Ах1мадида щиб ккарабин гъол гъут1бузулин ц1ехезе. Гъут1бузул бицун гуребги, А. Ибрагьимовас мух1канал  жавабал кьуна цойгидал суалазеги.

- Ах1мад, цебеккун нилъер бук1араб гара-ч1вариялда дуца бицун бук1ана  нилъер районалъул  г1адамазда рак1алда бугин хаслихъеги гъут1би ч1езейин абун. Щиб ккараб гьеб лъик1аб гъира-ц1аялъул?

- Дагъистаналъул  Росдал маг1ишаталъул министерствоялъ нилъер районалъе планалда бихьизабун бук1ана ихдал 10, хаслихъе 30 – кинабниги 40 гектаралда гъут1би ч1езе. Нилъеца ихдалго ч1ана 40 гектаралда гъут1би. Ихдал 23 гектаралда ч1ана пурч1ун бугел гъут1би, 17  гектаралда – хьон бугел гъут1би. Нилъер ракьалда ц1орораб гьава-бакъ бук1иналъ хаслихъе  гьедиг1ан ц1акъ гъут1би ч1ун  бажаруларо. Ахихъанлъиялъул план нилъер районалъ т1убазабун бук1аниги, планалде т1адеги гьанже, ай хасалихъе, хъутабазда «Лъаг1илухъ» ва Хизроевасул ц1аралда бугеб СПКязда рак1алда буго щибаб щу-щу гектаралда гъут1би ч1езе. Гьабсаг1ат гьез гьел жеги ч1ун гьеч1о.

- Районалда ихдал ч1ун рук1арал гъут1би  берцинго рек1анищ?

- Уздалросулъ, Бакьагьеч1и, Ц1ада, г1емерисел хьиндаллъиялъул росабалъ ч1ун рук1ана СПКяз, КФХяз, ва жалго г1адамазги гъут1би. Бат1и-бат1иял идарабазул х1алт1ухъаби рахъун ч1ана Г1араниса Бакьагьеч1и унеб нухлул раг1аллъабаздасан, цойги бак1-бак1азда нак1к1ил ва махилгъут1би. Ч1арал гъут1бузул г1емерисел рек1ана, дагьа-макъал жал хут1изег1ан. Гьаб соналъ гъут1би ч1арал цо-цо г1адамазда рак1алда буго т1асияб соналъги гьел ч1езе. Исана рек1арал гъут1би гьабсаг1ат ц1унизе ккола г1и-ц1аназдаса, боц1удаса.

Хунзахъ, Ц1ада, Бакьагьеч1и, Г1обода росабазул администрациязул территориялда ч1арал г1исинал гъут1би ц1унизе чи  теч1они, гъут1би ч1еялъул щиб х1асилха бук1инеб?

- Исана республикаялда лъазабун бук1араб  ахихъанлъиялъул сон лъуг1улеб буго. Кинаб кумек щвараб пачалихъалдаса ахихъанлъи цебет1езабизе?

- 240 миллион гъурущ биччан бук1ана Дагъистаналъе ахихъанлъи цебе бачине. Ц1иял  ахал г1езаруралъухъ, басриял ц1и гьаруралъухъ кьолел субсидиял гурони бат1ияб кумек пачалихъалдасан бук1инч1о.

- Цебе бук1инч1еб, гьанже баккана интенсивнияб къаг1идаялъ гъут1би ч1ей. Гьелъ рес кьолеб буго къокъаб болжалалда пихъил лъик1аб бач1ин бак1аризе. Нилъер  районалъ бегьуларищ гьеб къаг1идаялъул ахал г1езаризе?

- 1600 гектаралда бихьизабун бук1ана  Дагъистаналда гъут1би ч1езе. Интенсивнияб къаг1идаялъ гъут1би ч1еялъул план  Дагъистаналда т1убазабуна 50 проценталъ. Муг1рузул районазда  гьоркьоб  интенсивнияб къаг1идаялъ гъут1би  ч1ана г1иц1го  Шамил районалъ. Бищун г1емер интенсивниял ахал ч1ана Хайдакъ районалда. Интенсивнияб къаг1идаялъ гъут1би маг1арухъ ч1ун бажаруларо, хъутабазда ахал г1езариялдаса могьолал  культураби г1езариго хайир ц1ик1к1араб бук1ина, ц1ибил, ролъ, овощал г1езаруни гьелъулго пайда бук1ина. Щайгурелъул, гъут1би ч1аралги пихъ г1езабурабги г1оларелъул, гьеб ц1унизе хасал бак1ал, аск1обго гьелъул  продукция гьабулеб цех, заводги бук1ине кколелъул.

Ахал г1езариялъул рахъалъ т1оцебесеб бак1алда буго Кабардино-Балкария. Гьезул  руго пихъ ц1унулеб гьанжезаманаялъул техника  бугеб хранилище, заводал.

- Исана Гьоц1алъ пихъил заводалъ жанибе босанагурищ ахбазан, г1еч…

- Гьоц1алъ пихъил завод г1езег1ан басралъун буго. Гьеб къач1азе бищун дагьалдаса къвариг1уна 3-4 миллион гъурущ. Бук1аниги, басрияб оборудование х1алт1изабун заводалъул  директор Х1осенов Г1алих1осеница биччана помидоралъул, ахбазаналъул, г1ечул продукция: салатал, аджика, сокал ва гь.ц.  Х1осеница гьабун буго, живго бет1ергьанаб гьит1инаб цехги. Гьесда рак1алда буго линияги лъун гьениб лимонад, ахбазаналъул нектар гьабизе. Х1осен вуго  г1умруялъго гьеб заводалда х1алт1арав, бокьараб гьелда хурхараб х1алт1и бажарулев чи.  Гьоц1алъ заводалде г1еч босана 5 гъурущ цо килоялъухъ гьабун.

Харахьи 100 тонна босана пихъил г1адамал бет1ергьанаб цехалде. Гьениб цойги  чиясул буго живго бет1ергьанаб  цех, амма гьеб исана х1алт1ич1о. Хьаргаби районалъул К1ик1уни, Могьохъ, Гъуниб районалъул К1огьориб  ва гь.ц. бак1азда руго пихъил цехал.

- Гьаб заманаялъ (хаслихъе) кинал х1алт1аби лъик1ал рук1унел ахикь гьаризе?

- Хаслихъе ахикь гьабизе кколеб бищун аслияб чара гьеч1ого х1ажатаб х1алт1и ккола лъалъ гьаби. Цо гектаралъе 1000-1200 кубаметр лъел къвариг1уна. Лъалъ щвеч1они гъут1буз бач1ин кьоларо. Хаслихъе лъалъ ккола хасалоялде гъут1бузе нахърател гьабилъун, гьелъ гъут1бузул кьалбал ц1ер ч1ваялдаса ц1унула. Ракъварал г1аркьалабиги бегьула нахъе къот1изе. Г1исинал гъут1би боц1удаса ц1унизелъун гьезда т1ад жоги жемула.

- Кин ц1унилеб пихъ  нахъалъаг1ан хвеч1ого хут1уледухъ?

- Нолалдаса г1одобе ккеч1еб градус бук1ине ккола г1еч ц1унизе ккани. Г1адамаз хасалил г1еч заман щвелалдего бет1иялъ хехго хола, бук1ине кколеб заманаялъ гъот1ода тезе ккола г1еч.

 Г1еч гьурщич1ого берцинго квералъ бет1изе ккола. Г1уж лъураб г1еч хехго хола. Ц1унулеб г1ечалда г1оркьги тезе ккола. Зама-заманалдасан г1ечухъ хал гьабизе, холеб бугеб нахъе босизе ккола. Г1еч ц1унулеб къаг1ида бараб бук1уна сортазда: гьеб ц1унула ц1орораб рокъоб г1одоб т1ибит1ун, ящикахъ, тургьухъ.

Сергохъалаялда буго 1000 тонна пихъил ц1унулеб, холодильникал, бат1и-бат1иял  устройстваби ругеб плодохранилище.

Ах1мадица рак1алде щвезабуна СССРалъул  заманаялъ ахихъанлъиялде кьолеб бук1араб к1вар: «Совет х1укуматалъул заманаялъ г1урхъи гьеч1ого кьолаан г1арац ахал г1езаризе трубаби, х1ажатабщинаб ч1езабулаан. Киналго ахал, хурзал сверун къан рук1унаан. Совхозалъе учузаб багьаялде  бук1ана ток. Гьедин къо бихьун гьабураб зах1мат биххизе, ч1унтизе тана. Гьанже гьеб кинабго бахъинабизе ккани г1езег1ан харжал  х1ажалъула.»

- Ах1мад, баркала гара-ч1вариялъухъ. Сах-саламатго таги мун, гьабулеб дандебилълъаги. Нилъер районалдаги Дагъистаналдаги ахал, хурзал ц1илъаги.

Гара-ч1вари гьабуна П. Гунашевалъ.

 

Просмотров: 604 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz