Четверг, 25.04.2024, 22:58 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Декабрь » 11 » АХ1УЛЕБ БУГО РАИСАТ ТАЖУДИНОВАЛЪ.
14:35
АХ1УЛЕБ БУГО РАИСАТ ТАЖУДИНОВАЛЪ.

Маг1арул кеч1-бакъан. Гьелъулъ бугебщинаб берцинлъи, г1ажаибаб гугьаралъ гьелда бик1ун бугебщинаб х1икматаб накъищ! Х1айранаб бакъаналда ах1улеб х1асратаб маг1арул коч1олъ рессун руго рац1ц1адал, ц1орорал иццазул чилиги, сог1ал муг1рузул т1абиг1атги, муг1рулг1ан т1адег1анал, кьварараб г1амал-хасияталъул рокьулел маг1арулазул сипаталги. Гьелъухъ гьоболлъи бала г1олохъанлъиялъул талих1ал лах1затазухъе т1адруссине бокьарал бот1рол рас хъах1лъарал харабазги, гьанжего гьанже г1ищкъул асирлъуде ккарал г1олилазги, маг1аруллъиялъухъ рокьи ккаразги. Унго-унгояб маг1арул коч1оца бит1ахъего гъаргъар базабула т1олабго черхалда. Гьеле гьединаб асар гьабуна дие цо нухалда, маршруткаялда рек1ун унаго, гьениб жаниб раг1араб кеч1алъ. Ах1улеб кеч1 лъуг1изег1ан ана дун, маршруткаялда рек1ун. Цинги дица шоферасда гьикъана кеч1 лъица ах1арабилан. Гьес жаваб кьуна кеч1 Раисат Тажудиновалъ ах1анилан. Дида рак1алде ккана гьелъулгун лъай-хъвай гьабизе. Раисат Тажудинова гьаюна Хунзахъ районалъул Коло росулъ. Гьит1инго бижана маг1арул коч1оде рокьи. Г1айшатил хъизамалда хасаб бак1 кколаан нек1сиял маг1арул куч1дуз. Гьел ах1ула Раисатил ункъг1ал, Дагъистаналъул мустах1икъай артистка Г1айшат Тажудиновалъ. Раг1улаан гьел Раисатида к1удияв инсул ва к1одоэбелалъул гъанситохъги.

-Дун эбел-инсуда цадахъ Москваялда йик1ана г1умру гьабун. Ц1алулейги москваялъул школалда йик1ана. Дагъистаналде яч1ана 11 классалда ц1ализе. Дун г1умруялъго налъулай йиго эбеллъиги эменлъиги дие гьабурай ункъг1ал Г1айшат Тажудиновалъе. Гьелъул баракаталдалъун бижана дилъ маг1арул кеч1-бакъаналде к1удияб рокьи. Гьелъ малъанин абизе бегьула кеч1 ах1изеги, ах1улеб коч1ол адаб гьабизеги, гьелдаго цадахъ муг1рулг1ан борхатаб маг1арулалъул намусалъул т1адег1анлъи ц1унизеги,-ян бицана Раисатица. Школа лъуг1ун хадубги, Раисат эбел-инсухъе Москваялде т1ад юссана. Ц1ализе лъугьана правовояб академиялде. Амма гьениб рак1 сасунеб бук1инч1о Раисатил. Коч1оде бугеб г1ищкъул куркьбаздаги рек1ун, гьей ц1идасанги Дагъистаналде т1адюссана. Маг1арулаз гъираялда къабул гьабуна Раисатил кеч1. Гьелъие нуг1лъи гьабула г1енеккараз ч1валеб хъаталъги, творчествоялъулъ ругел т1оцересел бергьенлъабазги.

Жакъа коч1охъабазул буго зах1матаб г1умру. Машгьурлъизе ккани, къвариг1унел руго спонсорал. Гьел ругони, кеч1 ах1изе махщелцин къвариг1унеб гьеч1о. Дие гьедин бокьун гьеч1о. бокьун буго бергьенлъаби дирго зах1маталдалъун росизе. Гьелъулъги дие ч1агояб мисаллъун ккола жиндирго пагьму-гьунаралъ маг1арулазе йокьарай Г1айшат Тажудинова. Творчествоялъулъ гьелъул нухккун ани, рак1ч1ола дие бит1ккеялда,-ян абула Раисатица. 20 сон барай коч1охъаналъ Муи Х1асанова рак1алдещвеялъе т1обит1араб республикаялъул фестивалалда ах1араб халкъияб коч1ое т1адег1анаб къимат кьуна Россиялъул мустах1икъав артист Т1агьир Къурачевас. Гьей яхъана фестивалалъул лауреатлъун. Маг1арул музыкалияб маданияталде жание Раисат лъугьун яч1ана жиндирго хаслъигун ва къаг1идабигун. Кьуна Раисатица жиндирго т1оцебесеб «Гьудулзабазе сайгъат гьабула» абураб концертги. Гьелдаса хадуб машгьурлъана коч1охъаналъул ц1ар. Гьелда рак1алда буго г1агараб заманалда концерталгун цее яхъине Хунзахъ, Шамилхъалаялда ва цогидалги маг1арул районазда. Кват1ич1ого Мах1ачхъалаялда «Гьудуллъиялъул рокъоб» Раисатица кьезе буго т1оцебесеб сольный концерт. Аслияб къаг1идаялда гьелъ куч1дул ах1ула Ах1мад Г1амирхановасул, Каримулагь Г1абдулаевасул ва халкъиял бакъназда. Гьелъул рук1унаро авторал гьеч1ел раг1абиги. Заочно ц1алулей йиго ДГПУялъул музыкалияб факультеталда. Жийго гьит1инай йик1аниги, г1умруялъул х1акъалъулъ пикраби ц1убарал руго Раисатил. Ц1ияб, творческияб г1умруялде т1оцересел галаби таваккалго т1амулел руго гьелъ. Гьениб коч1охъаналъ аслияблъун рик1к1унеб буго маг1арул коч1ол берцинлъиги, хаслъиги, роценги ц1унун бажари.

Гьарула Раисатие музыкалияб маданияталъул т1огьал мут1иг1 гьаризе къуватги, жан-жигарги, сабруги.

Коч1ол маданият берцин гьабизе,

Лъик1 щварай, Раисат, маг1арул гъасде.

Дур роц1араб гьаракь нилъер т1алъуда

Ц1умурлъун зваргъеги, муг1рул соролеб.

Хьиндал ахикь г1ураб пихъ гьарзаяб гъвет1,

Гвангъаги дурги ц1ва доб хъах1илзодихъ.

Чундулцин урхъараб гьаракь раг1идал,

Маг1аруллъиялъул сипат гвангъула.

 

Ц1ияб г1умруялде лъурал галаби

Талих1ал ратаги дуе, Раисат,

Къисматалъул къиса икъбалаб батун,

Кунч1аги дуе бакъ, хунздерил булбул.

Шамай Хъазанбиева.  

Просмотров: 534 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz