Пятница, 29.03.2024, 02:52 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Февраль » 18 » АФГЪАНИСТАН БУГО УНТУН ДИР РЕК1ЕЛЪ.
16:44
АФГЪАНИСТАН БУГО УНТУН ДИР РЕК1ЕЛЪ.

Т1аде к1анц1арал тушбабаздаса ват1ан ц1унизе гуреб, жидеда т1ад лъураб интернационалияб налъиги рак1бац1ц1адго, унго-унгояб маг1аруласул ях1-намусгун т1убазабуна нилъер г1олохъабаз. Гьединазул цоявлъун ккола нилъер районалъул рик1к1адаб Т1адколо росулъа Нурмух1амадов Сурхайги. Дагьаб цебег1ан дир лъай-хъвай ккана гьесул хъизан Узлипатгун ва яс Пат1иматгун. «Лебалав чи раг1улагури нужер рукъалъул бет1ер»-ан дица махсаро гьабидал, лебаллъиги бах1арчилъиги гьанже лъиего х1ажатги гьеч1ин, гьесул гьунаралги нек1ого т1алъиялдаги Афгъанистаналъул боркьараб корониве гьев вит1араздаги к1очонги танин рек1екълъана гьел. Унголъунги чияр ракьалда дозул г1адатаб халкъ ц1унун къеркьарал рагъухъаби-интернационалистазе пачалихъалъ гьабулеб я к1удияб кумек, я моралияб квербакъи дида бихьулеб гьеч1о. Социалияб рит1ухълъи гьеч1олъи. Т1екълъи. К1очон тарав багьадурасул чорхол сахлъи гьеч1олъиялъ ккеч1о дун, мухбиралъулги гьесулги лъай-хъвай. Узлипатицаги бицана, рак1алдещвеяз Сурхай ц1акъ къварилъахъдулин. Бокьич1о ругънаде ц1ам щвазе, бит1араб бицани. Хъизамалъул чаг1азе дос рицарал рак1алдещвеяздасан, архивалдасан байбихьана макъала хъвазе. Гьелъиеян абуни, гьаб Ват1ан ц1унулезул ва Афгъаналъул рагъул г1ахьалчаг1азул байрамкъояз биччалеб газеталда Сурхай лъидасаго ц1акъ мустах1икъав вук1ин бицуна гьаб шапакъатазул сиях1алъ:

-20 июнь 1985 сон- «За отвагу» медаль

-21 март 1986 сон- «Баг1араб ц1ва» орден

-СССРалъул Верховный Советалъул Президиумалъул грамота.

-15 май 1988 сон- «Рагъухъан-интернационалистасе баркалагун Афгъанистаналъул халкъ» медаль.

-28 январь 1988 сон- «СССРалъул яргъилал къуватаз-70 сон т1убаялде» медаль.

Сурхайил эмен армиялде гьев иналдего чанго соналъ цевехун вук1ана. К1удияв вац Асх1абг1али 1980 соналъ уна армиялде хъулухъ гьабизе. Г1орут1е гочун гьениб балеб минаялъул ургъел, т1олабго гьабулеб х1алт1и Сурхайиде ккола. Гьеб бан лъуг1араб 1983 соналъул октябралда гьевги уна Советияб Армиялде.

Микьго классалъул лъай бугев Нурмух1амадовасе бигьалъич1о ярагъ ва къуватаб техника лъазабизе. Рагъулаб хъулухъалде ах1илелде Сурхай гугариялде машгъуллъулев вук1уна, Харахьи участкаялда къецазда цо нухалда т1оцебесеб бак1цин ккун бук1ун буго. Гьединаб, маг1арулаз абухъе, къамарт1аб черх бук1иналъ к1удияб кумек гьабун буго гьесие къох1ехьезе. К1иго соналда дагьабищха гьеб х1ехьезе, багьадурлъи бихьизабизе ккун батилеб?

-Цо нухалъ душманаз гьабун батараб вах1шилъи г1умруялъго к1оченаро-ян бицунеб буго жиндирго рак1алдещвеязда Сурхайица. Ротнияс буюрухъ кьуна Кишлак (росу) сверун кквезе, гьениса душманал т1уризаризе. Бицана гьез г1адамазда зулму-х1ал гьабулеб бугилан. Батизеги батана. Т1оцебесебго рукъалъул къадазда нахъасан кьвагьулеб бук1ана нижеде. Халатккун к1веч1о гьезда дандеч1ей гьабизе. Гьениб батана яргъил склад, г1адамазухъа бахъараб давла. Щугояв ч1ван ватана гьез, руччаби-лъимал ругоан лъукъ-лъукъун. Гьелде щвезег1ан рек1елъ цо к1удияб ццимги бук1инч1о душманаздехун. Г1олохъабаз бицунаан гьез квешлъиялъул, нагагьлъун нилъеразул чи жидехъе щвани, рах1му гьабунгут1иялъул. Амма жидеразего гьедин, фашистаз г1адин, г1акъуба кьолеб батилин божун вук1инч1о. Божизавуна Сурхай цогидал лъугьа-бахъиназги. К1иабилеб сон бук1ана интернационалияб налъи т1убазабулаго. Сурхай гъорлъ вугеб гьит1инабго къокъаялъе кьун бук1уна буюрухъ Пакистаналдаса яргъил ц1ун бач1унеб караваналъе нух къазе. Сурхай тана, лъик1аланго цевехунги вачун, гъоркьч1ел гьабизе.

-Воре, кьижун ккезе гурин, Саша-ян буюрана командирас, кьурабазда гьоркьов гьев вахчун вугеб куцалъул мух1канго халги гьабун,-т1оцересел гранатаби караваналъул рач1алде риччай, нахъ руссун ине тезе бегьуларо гьел, рихха-хочи ккарабго реч1аризабизе дурго «агеэс».

-Ургъел ккоге, Игорь Васильевич, кинабго т1убазабила,-ян Сурхай, щаялиго ротаялъул командирасдехун инсул ц1арги абун к1алъана. Ветровасда гьеб бич1ч1ана маг1арулас жиндиргун къо-мех лъик1 гьабулеб бугеб г1адин. Г1адатлъун батухъе, постазе яги гъоркьч1ел гьабизе унезда т1ок1ц1арал абун толаан. Гьедин Сурхайидаги командирас к1иабизеги «Кинабго лъик1 бук1ина, Саша»,-ян абун тана.

-Бищунго рах1ат хвараб жо батана гьедин халккун ч1ей. Рак1алде кколаан, сордо рогьине заман щолеб бугилан, балагьидал, анц1гоги т1убан батулароан. Къаси саг1ат анц1ила к1иго т1убараб г1адаб мехалда бач1ана караван. Лъик1аланго чаг1иги ругоан гьелда цадахъ. Буюрухъ кьовухъе т1оцебесеб граната щвезабуна гьелъул рач1алда, хадуб биччана лъеберабго граната. Ккана цо лах1зат анилан. Дун вугеб рахъалде кьвагьдезе журана душманал. Хех гьабун ярагъ бак1аризе лъугьана. Гьебги босун векерана нижерго къокъаялъухъе. Хадуб афгъанистаналъулазул батальоналде гъорлъе журана ниж. Цадахъ нахъ ч1вана караваналъе кумекалъе рач1арал душманал. Ярагъ бак1аризе дагьалъ рук1нилъа эхеде ворхарав Сурхайил квег1аб гъеж душманасул гуллица борлъула гьеб сордоялъ. Лъукъун вук1ин гьесда лъала г1иц1го гьалмагъзабазухъе щун хадуб. Радал балагьилалде караваналъулаз рехун тун батула 48 автомат, 8 к1удияб калибралъул пулемет, 6 гранатомет. Гьеб бук1ана Сурхайица риччарал гранатазул х1асил. Нурмух1амадовасул гьеб гьунар к1одо гьабуна 1985соналъул январалда «Х1инкъи гьеч1олъиялъе г1оло» медальги кьун. Гьебго соналъул маялда каранда гьебги бан, г1агараб росулъе т1адвуссуна Сурхай. Ва гьесда рак1алдецин ккун бук1инч1о жиндие цойги рагъулаб шапакъат бит1ун бач1инилан.

Рагъ лъуг1ун санал ун хадурги ратула шапакъатазда бах1арзал. Гьелъухъего, лъаг1алидасан валагьана, цойги шапакъаталъ- «Баг1араб ц1ва» орденалъ нилъер Сурхайги. Иш ккун буго Кандагар провинциялда. Боркьараб рагъ бук1ана гьениб душманазулгун, гьезул к1икъогояв асир гьавуна, гьедиг1аналго ч1ванги ратила. Сурхайидаса дагьавго довег1ан кьвагьдолев вук1ана рагъулав гьалмагъ Веселов. Циндаго кьвагьана гьениб аск1об граната. Сурхай вортана гьалмагъасухъе. Гьалмагъасул к1иябго бох лъукъун батана. Гьевги мугъзада рек1инавун к1иясулго ярагъги баччун х1алицаго г1адин векерулев вук1ана Нурмух1амадов. К1инусго метр тараб мехалъ Сурхайил жиндирго бохги лъукъана. Гьес жеги нусго метралъ хъамуна гьалмагъ. Хвасар гьабуна гьесул г1умру. Гьеле гьеб багьадурлъи рик1к1ун буго доб орденалъе мустах1икълъараб бах1арчилъун.

Гьеле гьединал бах1арчиял ишазул багьадурасул мисалалда куцазе х1ажат ругоан жакъа дол «Хъах1илаб китилан», «Сасараб рукъилан» ц1ар тарал, ч1вай-хъвеялде, жалго жидецаго къот1-къот1ун сакъат гьариялде гьесизарулел х1аяз к1отинарурал г1олилал, лъимал.

Гьале гьав Сурхай г1адал рук1ине кколин маг1арул васалилан малъизе х1ажат буго школалда-муг1алимаз. Рокъоб-умумуз. Т1алъиялъ к1одо гьаризе х1ажат бугоан гьев к1очон тарав бах1арчи г1адал, анц1-анц1, нус-нус ват1аналъул васал. Ват1аналъе рит1ухъал, гьелъие г1оло рух1 кьезе х1адурал. Сурхайида, ва гьев гьоркьов ккун т1олалго районцоял-афганцазда араб байрамги баркулаго, щулияб сахлъиги баракатаб г1умруги гьезие гьарулаго, лъуг1изе толеб буго дирго хъвай-хъваг1айги.

  • Ф.   Мух1амадова.
Просмотров: 590 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz