Суббота, 20.04.2024, 12:53 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Ноябрь » 4 » АДАБАЛЪЕГИ, КЪАДРУЯЛЪЕГИ МУСТАХ1ИКЪАЛ.
16:45
АДАБАЛЪЕГИ, КЪАДРУЯЛЪЕГИ МУСТАХ1ИКЪАЛ.

Ихтилат-кеп! Сух1мат-бертин. Гьале, киналго рак1арулел руго Мух1амадги Пат1иматги к1одо гьарун г1умруялъул нухде гьез т1оцебесеб цадахъаб гали лъолеб берталъе. Гьале цояздаса цоял къач1арал г1олохъанал ясал, васал, г1исинабгун гьоркьохъеб г1ел. Гьале горсверулъ кьурдулев г1олилав, ва гьев сверун кьурдулел ч1урканал ясал. Болъодасан г1унт1ун г1ансагун г1олилазда ригьин баркизе яч1уней йиго ригь арай г1адан. Цо-цоязул гьелде бер-рак1 щолеб гьеч1о. Гьайг1аги гьание кие йик1араян гьелдасан гаргадулел руго.

Абуге гьедин, абуге - ян гьел руц1ц1инарулел руго цойги г1аданалъ. Нилъги кидалго гуро г1олохъанго рук1ине ругел. Щвела нилъедеги гъодинаб заман. Гъойги кидаго гурелъулха херай йик1арай.

Гьеб лах1заталда дида цере рач1ана авал-къоного, росуго ц1ун рук1унел рук1арал, гьанже ч1агоязда гъорлъ гьеч1елги, ругелги, ригь арал г1адамал. Гьел рук1унаан бертин роц1ц1инабулелги, гьениб квен-т1ех гьабулелги, т1аде рач1аразулгун дандч1вай гьабулелги, гьениб тамадалъи гьабулелги. Гьелги рук1ана г1олохъанго. Амма заманаялъ жиндирабго гьабич1ого толаро. Гьезул цо-цоял хут1ана рукъ ц1ун рук1арал лъималги рахъ-рахъалде ун, г1умрудул гьудуласдасаги рат1алъун жалго цох1о. Харабазул доб цебе бук1араб г1адаб къуватги, сахлъиги батич1ониги, буго г1умрудул х1албихьи, лъай-г1акълу. Гьезие бокьун бук1уна, г1олохъанаб г1елалъ г1ин т1амуниги, т1амич1ониги щиб-щибниги гьезда малъизе, г1умрудул х1албихьи г1ахьал гьабизе, рехун тараллъун, лъиего х1ажалъулареллъун рук1инч1ого, г1адамазда гьоркьор рук1ине. Гьелъго яч1ун йик1ун ятила дой херай к1одоги рехсараб берталъе.

Ригь арал рохула, гьезда цадахъ х1алт1улел рук1аралги, г1агарлъиги, мадугьаллъиги гьезухъе раккизе рач1ани, гьел к1очон тун гьеч1еблъи гьезда бич1ч1изабуни. Нилъер харабаз материалияб рахъалъул бицинего бицунаро. Пенсиялде ун хадуб учузаб рет1ел-кунги босун, гьелдаго релъараб квенги кванан рук1уна. Амма г1адамазулгун гьоркьоблъи гьаби, гьелгун гара-ч1варизе щвей, гьезие к1удияб рохеллъун бук1уна.

Ригь арал г1адамал мустах1икъал руго к1удияб адаб-х1урматалъеги, берцинаб раг1уеги.

Гьанжесел харабаз гурищ г1умру ц1и гьабиялъе, нилъер бук1инеселъе кьуч1 лъураб? Дол зах1матал рагъул соназда бихьиналги Ват1ан ц1унизе ун руччабаз гурищ пурцил г1оркь ккураб, рагъдаса хадубги ч1унтараб маг1ишат бахъинабулелги, жиб-жиб г1уц1абазда х1алт1и кьуч1дасанго роц1ц1инабулелги гьабсаг1ат ругел ригь арал г1адамал гурищ рук1арал? Гьез лъураб кьуч1алда т1ад къед гьабулел гурищ гьанжесеб г1олохъанаб г1ел бугеб?

Гьебги бич1ч1ун районалда ругел К1удияб Ват1анияб рагъда россал т1аг1арал руччабазухъе щун, т1алаб гьабизе чи гьеч1ого жалго хут1аразухъе раккун, доб заманаялъул зах1маталъул церехъабазулгун гьоркьоблъи ккун, ригь арал г1адамал рохизариялъе цо къадаралъул х1алт1и гьабула райадминистрациялъул бет1ерасул нухмалъиялда гъоркь районалъул руччабазул комитеталъул председатель Пат1имат Набиевалъ.

Гьале, гьаб нухалдаги Пат1имат Набиева щвана зах1маталъул ветеран, махщел т1ок1ай педагог, Байикь росулъа Дибирмух1амадова Сукайнатихъе.

50 соналъ х1алт1ана Сукайнат муг1алималъул зах1матаб ва гьелдаго цадахъ жавабияб х1алт1уда. Х1алт1ана Ч1ондокь, Г1арани, Байикь байбихьул школазда. Доб заманалда рук1унаро школазе хас гьабун рарал минаби, ц1алдохъабазе ц1ализе г1урал шарт1ал. Гьел ч1езариялъе к1удияб бут1а лъуна т1оцере школал рагьараб мехалда рук1арал учительзабаз. Байикь школалъе, - ян бицана Сукайнатица, - кьун бук1анила колхозалъул картошка балеб бук1араб бак1. Бихьулеб къоялде яч1инч1ого жигар бахъанила жиндица гьеб бак1алда лъималазе ц1ализе г1урал шарт1ал ч1езариялъе.

Жиндирго аслияб х1алт1уда цадахъго, жамг1иял т1адкъаялги т1уразарулаан Сукайнатица. Гьелъул вук1арав учитель Хунзахъа Г1амиров Гъазимух1амадица «восьмерка»-абун ц1ар лъун бук1анила жинда, аслияб х1алт1уда т1адеги 8 бат1ияб х1алт1и гьабулеб бук1иналъ, абун елъулаго бицана Сукайнатица. Гьей йик1уна бат1и-бат1иял заманазда росдал комсомол организациялъул секретарлъун, руччабазул советалъул председательлъун, профкомалъул председательлъун, росдал советалъул депутатлъун, КПССалъул Хунзахъ райкомалъул ва гьединго бюроялъул членлъун, гьоркьоб заманалда росдал парткомалъул секретарлъун. Гьел киналго ишазде т1адеги Сукайнатица т1уразарулел рук1ана районалъул халкъияб судалъул заседателасул ишалги.

Кинаб иш т1ад къаниги, щибго к1вах1-свак лъач1ого бажарун т1убазабулаан Сукайнатица гьеб. Сукайнатил х1алт1и бихьун, Хунзахъ росулъ гьей дандч1вайдал, дурго къвариг1елалъищ яги росдал къвариг1елалъищ яч1араян ц1ехолеб бук1ун буго гьей лъалейщиназ.

Жегиги г1исинал лъималги (цояв васасул к1иго сон, цойгиясул 10 моц1) нахъе тун, авариялъул х1асилалда Сукайнатидаса ват1алъула рукъалъул бет1ергьанчи. Амма Сукайнат къуркьич1о. Рукъалъул маг1ишатги бачана лъималазеги къвал къана. К1иявго васасул буго т1адег1анаб лъай. Цояв вас Мух1амад ккола ветеринарияв врач, гьит1инав Ах1мад лъималазул тохтур. К1иявго васасе жиндидасаго бат1аго гьелъ рана жанир ч1езе минабиги. К1иялго руго г1адамаз адаб-х1урмат гьабулел махщел т1ок1ал тохтурзаби. Руго Сукайнатил ц1акъ к1одоэбелги йокьулел, гьелъиеги рокьулел васазул лъималги. Васазе рукъзал ралеллъулги г1езег1ан къо бихьун х1алт1ула. Мугъалъ баччанила рукъзабазе гьец1оги, ракьги. Рукъзал т1ад разе рахал росизе Буйнакскиялде хьвадулаанила. Гьел гурелги, г1емерал х1алт1аби гьаризе кканила жинде, хьолбохъ ч1езе рос, эмен, вац гурей ч1ужуг1аданалде, - ян угьун биччана Сукайнатица.

Сукайнат йиго рак1 аваданай, г1амал берцинай, к1удиясдаги гьит1инасдаги гьоркьоб х1ал рекъезабулей г1адан. Кинаб тадбир районалда т1обит1улеб бугониги гьей гьениса камулароан. Руччабазул данделъаби, пленумал, партконференциял т1орит1улелъул Сукайнат гъеж гурун гьезул цеехъанлъун ч1олаан.

Сукайнатил х1аракатаб х1алт1иги, жамг1иял ишазулъ гьелъ лъолеб бугеб бут1аги бихьун 1980 соналъ районалдасан ч1обого туристазулаб путевкаги кьун Чехословакиялдеги йит1ун йик1ана гьей. Гьединго, гьелъул зах1мат к1одо гьабуна г1емерал Х1урматалъул грамотабаздалъун, Х1урматиял ц1араздалъун, медалаздалъун. Сукайнат мустах1икълъана «Х1урматалъул г1аламат» орденалъеги.

Т1убараб октябрь моц1алъго нилъер республикаялда к1одо гьарулел рук1ана ригь арал г1адамал, гьал г1агарал къоязда к1одо гьабуна к1одоэбелазулги, к1удаэменазулги къоги.

Бокьун буго Сукайнатида гьел байрамалги баркулаго, гьаризе гьелъие чорхое щулияб сахлъи. Дурго васаздасаги, гьезулги лъималаздасаги йохун хут1айги мун, жеги анц1-анц1 соназ, Сукайнат.

Пашманлъуге, Сука хъах1лъулей йигин,

Нилъер муг1рул т1огьал хъах1алин ругел.

Расги ургъел ч1ваге херлъулей йигин,

Дуца рарал сонал г1емерал гьеч1ин.

Н.Г1алиева

Просмотров: 446 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz