Сахав чиясе зах1мат бук1уна жиндаго бихьун гьеч1они, унтарав чиясул ах1вал-х1ал мух1канго цебе ч1езабизе, ай кинаб бугониги сакъатлъи чорхолъ бугезул заг1иплъи, х1ал-х1укму гьезда жидедаго г1адин бич1ч1изе. Дагьалищ нилъеда данд ч1валел г1инкъалги, беццалги, х1ет1е-квер багъаруларелги, г1акълияб рахъалъ нахъе ккаралги ва гьел гурел г1емерал цогидалги унтабаз к1век1улел инвалидал.
Гьединал г1адамазул цо-цо бак1азда адаб-х1урмат гьабулеб батаниги, кколел руго инвалидал къварид гьарулел, гьезие квал-квалал гьарулел бак1алги.
Инвалидазул ихтиярал г1ат1ид гьариялъул, гьезие кумек ва квербакъи бук1инабиялъул мурадалда, Цолъарал Миллатазул Генералияб Ассамблеялъ, 3 декабрь тасдикъ гьабуна-Халкъазда гьоркьосеб инвалидазул къолъун.
Статистикиял баяназда рекъон Россиялда руго 15 миллионг1ан инвалид. Гьезие бюджеталдасан кьола пособиял, пенсиял. Нилъер улкаялда инвалидазул ихтияр буго мухь кьеч1ого сах гьарулел бак1азда регизе, ч1езабун буго ч1орого кьолел дарабазул сиях1.
Инвалидазе бигьалъаби гьарула х1ухьбахъизе ва сах гьаризе унел ругони, гьединго унтарасда кумекалъе чи гьеч1ого добе-анибе ине к1олеб батич1они, гьесда цадахъ унесеги. Инвалидазе кумек гьабула гьезухъа бажарулеб х1алт1уде росулел ругониги, рук1уна бигьалъаби автотранспорт бачунелъул т1ад лъолел налогазул электроэнергиялъул газалъул, т1урччи-ц1улалъул, гьезие гьабула юридикияб ва социалияб кумек социалиябгун-рук1а-рахъиналъул хъулухъ гьаби г1адаб. Гьеб мурадалда инвалидазда хадур рухьинарун рук1уна социалиял х1алт1ухъабиги.
Нилъер районалъул хъизаназе ва лъималазе цадахъаб социалияб кумек гьабиялъул централъул (КЦСОН) х1алт1ухъабазги цо къадаралъул х1алт1и гьабула районалда ругел инвалидазухъе рокъо-рокъоре щун, гьезул х1ал-х1укму ц1ехон, жидедасан бач1араб кумек гьезие гьабизе. Гьал къояздасаги т1аде щвараб инвалидазул къоги баркун, КЦСОНалъул нухмалъулев Х1ажи Дибирчуевасул бихьизабиялда рекъон, рехсараб г1уц1иялъул х1алт1ухъаби хьвадулел руго районалъул росабалъ ругел инвалидазухъе.
Гьаб нухалда гьел щвана Хунзахъ росулъ ругел инвалидазухъе. Лъай-хъвай гьабилинха жакъа ниж щварал цо-цоязулгун.
Нилъер г1умруялъул маг1налъун ккола лъимал, херлъараб мехалда-гьезул лъимал рик1к1ине бегьула талих1лъунги.
Киг1ан г1емер ургъелалги, пикрабиги гьел сабаблъун нилъеца гьарулел, хасго лъимер унтараб лъугьун бугони. Г1езаг1ан зах1малъаби х1ехьезе ккана Г1исаева Багичуцаги яс Сах1ибат гьаюралдаса нахъе. Чанги сардал бадире рогьанила жинца г1одулей ясги каранде къанилан бицана нижеда Багичуца. Гьелдаса хадубги гьей к1удияй г1езег1ан киг1ан зах1малъабиха эбелалда рихьилел лъик1го йилъине к1оларей, лъик1го х1ажатаб т1аг1ел кодобе босизе к1оларей, лъик1го к1алъан бажаруларей яс хьихьулаго. Амма Багичу къуркьич1о. яс дагь-дагь ккун к1удияй г1уна зах1малъабиги къойида-къойиде бигьалъун ана.
Гьит1инаб лъимадул г1адинаб г1амал-хасиятгун, жиндирго пикрабигун, жиндирго г1акълугун Сах1и эбелалда аск1оса ягъаруларо. Эбелги гьелъулгун раг1иги данде ккезабун гьелде йиссун йик1уна. Суратал рахъулей, релъуней, телевизоралъухъ хал гьабун йик1уна гьей. Нагагьлъун жиндихъего гьобол-гьудул вач1инги Сах1ие к1удияб рохеллъун бук1унеб буго.
28 сон буго Х1ажимух1амадов Шамилилги эбел Хадижатилги цоцадаса т1еч1еб г1умруялда. Ниж гьезухъе щвараб мехалда, бусада вегун вук1арав Шамил хъурша-к1ут1ун вач1ана ниж г1одор ч1ун рук1араб рокъобе. Шамил ц1акъ вохана гьесухъе гьоболлъухъ ниж рач1иналдаса. Газеталдаги вахъун жив ц1акъ машгьур гьавулев вугин нужецаян разиго гьимана гьев.
Эбелалдаса ц1акъ разиго вугоан Шамил. Эбел йик1инч1ей ани, щибго гьабун бажарилароанила жиндихъаян бицана гьес. Жив гьавурай, кодов ккун жив г1езавурай, кинидахъ ахх бачун жив хьихьарай эбелалъе рак1-рак1алъулаб баркала кьолила жинца,-ян абуна Шамилица. Эбелалъе кидаго гьарулеб буго гьес сахлъи, талих1, ссвин гьеч1еб берцинлъи, рохел. Эбел гьеч1еб къо бихьугегийила жиндаян угьун биччана Шамилица.
Инвалидазул къоги, улбузул къоги баркизе, к1удияб адаб-х1урматалъеги мустах1икъай йигила жиндир эбел.
Багичухъги, Хадижатихъги ва гьел г1адинал цогидал улбузухъги хал гьабураб мехалда г1ажаиблъизе бач1уна гьезул сабруялда, къо х1ехьеялда. Г1иц1го гьел лъимал гурелги, руччабаз бит1араб тарбияги кьун г1умруялъул нухде т1орит1ана: Багичуца 4 лъимал, Хадижатицаги анкьгоял. Дида рак1алде ккола зах1малъаби къезаризе руччабазда к1ун батилин руччабазул г1акълуялъ, ц1одорлъиялъ, сабруялъ, кинал лъимал ругониги, гьезде бугеб рокьиялъ ва мазил халалъиялъ.
Киналго инвалидазда ва гьезул т1алаб-агъазалда ругезда баркула инвалидазул къо!
Чорхое сахлъиги, талих1ги рохелги гьарула, нужее!
|