Четверг, 25.04.2024, 12:24 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Февраль » 18 » 21 ФЕВРАЛЬ-РАХЬДАЛ МАЦ1АЛЪУЛ КЪО. ЩАЛХА НИЛЪ, МАГ1АРУЛАЛ?
16:56
21 ФЕВРАЛЬ-РАХЬДАЛ МАЦ1АЛЪУЛ КЪО. ЩАЛХА НИЛЪ, МАГ1АРУЛАЛ?

«КIола кIудияб мина базе, гьениб жаниб рахIат ва хIалхьи босизе кIоларо.

КIола дунялалда лъикIаб бусен – къайи босизе, макьу босизе кIоларо.

ГIарцуда кIола дунялалда бугеб щинаб библиотека босизе , гIакълу кIоларо.

Бокьарай чIужугIадан йосизе, рокьи кIоларо.

Бокьараб дару босизе кIола, сахлъи кIоларо.

БокьанагIан лагъзал росизе кIола, амма гьезул дудехун адаб – кIоларо.

Бокьараб квен босизе кIола, аппетит босизе кIоларо.

Бокьарав судияв восизе кIола, ритIухълъи – кIоларо.

Бокьараб музикалияб алат босила дуца, макъан босизе кIоларо.

ХIасил – калам дунял кIийиде бикьизе бегьулеб буго – бичун босизе кIолелдеги, кIоларелдеги.

Инсанасул кIодолъиги нилъеца борцине бегьула гьесухъ бугеб бичун босизе бегьулареб щинаб жоялъухъ балагьун, инсанасул адабги нилъеца гьедин гьабула. Бичун босизе бегьулареб щинаб жоялде гъорлъе гIарац лъугьунеб гьечIони лъиениги щибниги къварилъи букIунаро. Амма гIарац лъугьани макъан бичун босизе, адаб бичун босизе, талихI бичун босизе, кIолареб щинаб жо гьабизе, гьелъ рачуна нилъ балагьазукье. Амма кигIан лъица щиб бицаниги нилъее гIарац бокьула. Гьеб гIарцуда аскIоб гIакълуги бугони гьеб дагьабги цIакъ бокьула».

Гъазимух1амад Гъалбац1ов

 

Маг1арулазе маг1арулаллъун жалго рук1ин к1вар бугеб жо бугебдай? «Дун маг1арулав вуго» - йилан абураб жоялда жаниб кинаб бук1аниги маг1на лъолебдай маг1арулаз? Маг1арулав ватич1ого, татарав, узбекав, маврикияв ватун вук1аравани хисизе жо бук1анадай?

Бук1ун батуларо. Гьеч1о гьабсаг1ат, маг1арулав цойгидал миллатаздаса ват1а-вахъизе лъалеб, цебе умумул ч1ух1улел рук1араб я бах1арчилъи, я рук1а-ракъин, я хасият-г1амал, я рет1а-къай, я мац1.

Унго-унгояв маг1аруласул бук1ине ккола миллаталде рокьи ва гьелдаса ч1ух1и. Бугищха нилъер гьеб? Гьеч1о. Гьеч1еблъиги нилъеда бихьула цо кинав вук1аниги маг1аруласул рахъ ккун, рищиязда г1ахьаллъизе къват1ире рахъине ккани. Гьенире унаго нухда, чанго маг1аруласда рак1алде ккола, «щай дун досул рахъ ккун, дов ц1акъав вук1иналъе нуг1лъи гьабизе ине кколев? Дунго вуго гурищ дун досдасаги ц1акъав» - илан. Гьеб бак1алда гьес нух хисула ва досда хадур инел рук1аразул цо бут1а т1езабун жиндирго рахъалде ц1ала… Цо гуревлъидал гьединав маг1арулав вук1унев. Гьедин рак1алде ккезе бегьула чанго маг1аруласда. Гьединлъидал рикь-рикьун маг1арулалги дагьлъула, дагьабго бук1араб дандиязул миллатги, цолъиялъ, г1емерлъун батула, гьезул вакилги вергьуна. Г1абдалзаби г1адин маг1арулалги хут1ула.

Маг1арулав ч1ух1ула живго жиндасаго ва гьелъ гьесул бет1ер сверизабула. Гьеб буго нилъер г1амал. Гьабизе к1олеб жоги гьеч1о. К1везеги бегьилаан, цойгидазул г1акълуялъухъ г1енеккулеб г1амалниги бук1арабани маг1арулазул чорхолъ. Гьеч1елъул гьебги. Г!акълу малъулел чаг1иги т1убанго данде кколаро маг1арулазе. Киназдасаго ц1одорал чаг1азда г1акълу малъиги г1антлъи бук1инарищха.

Гьедиг1ан ц1одорал, ч1ух1арал, жидедасаго ц1акъал чаг1и дунялалдаго гьеч1иланги рак1алде ккун хьвадулел маг1арулал, г1иссинккун кьолел гъурщазги, сих1ираб политикаялъги гъоркье рехана г1урусаз. Дагь-дагьккун, г1арацго щибжояли лъалареб бук1араб маг1арул халкъ, г1арцуде ругьунлъана, харжила, пенсияйила, инвалидностилан т1аде чваххулеб жо камич1о. Щвана. Щварабг1ан бокьана. Бокьанаг1ан щвана. Нагагь щвеч1ого хут1ани, х1ехьезе к1оларого лъугьана. Дагь-дагьккун г1арцухъ бичана тарих, маданият, адабият, мац1, ях1-намус, г1адат-г1амал... Миллатго бичана. Учузго. Г1арцуда аск1об г1акълу х1алт1ич1о. Г1уруслъана. Хут1ана цох1о щибниги гъоркь, т1ад, жаниб гьеч1еб гьодораб, т1адагьаб ц1ар. Мун щивилан гьикъани, кутакаб пахрулъиялда, бац1ц1адаб маг1арул мац1алъ «аварец» - илан абула. Маг1арулалъ к1алъайилан абуни, «не знаю я» - иланги т1аде жубала. Гьеле нилъ рортарал к1к1алал гъварилъи.

Берцинго, жидерго рорхатал муг1рузда рук1арал маг1арулал, гьанже руго к1к1алал т1иналда, т1ад къоноги ч1ван. Гьенир рук1аниги, расги жо лъугьинч1еб г1адин, дагьабги гъваридаб к1к1алахъе нух балагьулел руго, дагьабги г1емераб г1арац доба бати мурадалда. Я миллат къвариг1ун гьеч1о, я мац1 къвариг1ун гьеч1о, я гьелда хурхараб щибго къвариг1ун гьеч1о. Эбел-инсул ц1арцин к1очене х1адурал руго, гьелъухъ щолеб жо бугони.

Киг1ан кутакалилан нилъедаго кканиги, гьеч1о нилъ гьедиг1ан кутакал чаг1и. Тамахал чаг1и руго. «Гьадаб г1ор бахарабго къвариг1унареб жо буго нужер гьеб маг1арул мац1, г1урус лъазабе, ингилис лъазабе, гьел мац1азе бот1рода жаниб бак1 бук1ине, рахьдал мац1ал малъуге лъималазда» - йилан абуни, гьедин гьабизеги гьабула. Г1емераб жо лъазабунаг1ан лъик1 х1алт1улеб жо бет1ер бук1унеблъицин лъаларо нилъеда. Бица-бицаралда божула. Г1урусал рач1инег1ан бец1ал, щибго жо лъаларел чаг1и рук1анин маг1арулалин абураб жоялдаги божула. Дол нилъер т1аг1инарурал аза-азар г1алимзаби американал рук1ун ратила. Жеги нахъе ц1унун ругел дозул бечедал библиотекаби, жалго жедедасаго рижун ратила.

Маг1арул росабалъ эбел-эмен гаргадулел руго лъималазда г1урус мац1алъ. «Щай, вац, мун лъималазда г1урус мац1алъ к1алъалев» - илан гьикъани - г1урус лъазейилаха. Гьукъаниги лъач1ого хут1уларо гьанже г1урус мац1. Гьебг1ан г1емераб жо щибниги гьеч1о нилъеда сверу-хъверун. Г1урус мац1алъул лъеца росун инел руго нилъ. Цо-цоязул гъоркьа х1ат1алцин рихьулел гьеч1о.

Гьеб ах1вал-х1алалдаги, г1урус мац1 халкъалда лъазейилан ц1иял программабиги г1уц1ц1ун, 50 миллион Россиялдаса ах1арал г1урус учительзабазе кьезейила, 7, 5 миллион цойгидал тадбиразе кьезейилан бихьизабун буго Лъай-кьеялъул министерствоялъул сайталда. Квеш бук1инч1ого бук1ине батилаха, рахьдал мац1алги лъазаризе кколилан, г1емерал тадбираздасан г1уц1ц1араб программаги буго гьениб, цо беццаб капек г1арацги гьеч1о бихьизабун. Гьеле х1укуматалъулги миллатазде ва мац1азде бугеб бербалагьи. Жалго жидеего къвариг1унарел миллатал х1укуматалъе щай?

Кутакалилан нилъедагоги кколел, вахьнаби руго нилъ. Нилъ вахьнаби рук1ин цойгидаздаги бихьулеб буго.

Цойги мисал: рахьдал мац1 лъаялде к1вар кьеялъул мурадалда, 9 класс лъуг1игун ц1алдохъабаз экзамен кьезе кколин лъазабуна эбел-инсуда. Рохаралищха гьел? Рохич1о. Гьез, рекерун, мац1 лъималазда лъач1ого бук1ине нухал ралагьана. Сентябрь т1аде щвейгун, гьел рекерана, лъимал г1урус мац1алда кьолеб «Дагестанская литератураялъул» дарсазде рит1ейилан г1арзаби хъвазе. Гьел дарсалги руго Дагъистанги рихарал, дагъистаналъул миллаталги рихарал, гьезда, киг1ан к1ваниги хехго, мац1 к1очон тей мурадги бугел чаг1аз ургъарал дарсал. Гуронани, дагъистаналда вугев чиясда, кинаб лъанги, дагъистаналъул миллатазул мац1 лъазе кколилан, теч1ого, щибизе ургъараб жо г1урус мац1алда кьолеб дагъистаналъул адабият. Лъараб жоялъул зарал бук1инилан х1инкъун ратилаха. Гьеле нилъер г1акълу.

Цодагьабниги ях1алъул асар бугев чиясда квеш бук1инеб х1алалъ хъванин кколаха дица гьаб. Щай? Щайгурогоха, халкъалда гьоркьор рук1уна, гьеб бечелъиялъги, г1арцуцаги, хъант1иялъги, рецц-бакъалъги жидеде асар гьабич1ел, роц1ц1араб бет1ералъул цо-цог1аги миллаталъул вакилзаби. Гьел рук1уна ах1и балел, «Лееее, маг1арулал, дунялалда бук1уна бичун босулебги босуларебгиииии! Гьеб бичун босулелда хадур рекерахъдилаго, бичун босун бажарулареб т1аг1ине тогеееее!» - илан. «Ц1уне нилъерго миллат, ц1уне мац1» - илан ах1делел рук1уна гьел чаг1и. «Абг1аги щибизе къвариг1араб жо? Г1урусалъ бицани бич1ч1уларогойищ бугеб» - илан, г1инцин т1амуларо маг1арулаз. Ц1акъ бокьилаан пикру гьабуни, бицунелъухъ г1енеккани, лъалез малъараб гьабуни. Гьаб раг1изе кколел чаг1аз я казият ц1алуларо, я г1акълу щвезе бегьулел тадбиразде рач1унаро, рихьизецин рихьуларо. Г1емерисел гьединал руго.

Дица г1амм гьабун бицаниги, маг1арулазда гъорлъ миллаталъул багьаял маг1арулал рук1инги лъаларев чияс казият ц1алулеб батиларин ккола. Лъидасаго г1емераб буго нилъер миллаталдаса ч1ух1изе г1илла. Амма….

Рак1 унтун буго.

Баху Мух1идинова,

педагогикиял г1елмабазул кандидат

 

Просмотров: 1187 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz