Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2018 сон
1971 соналда Дагъистаналъул педагогикияб институталъул физикаялъулгин математикаялъул факультетги баг1араб дипломалдалъун лъуг1изабун, муг1алимасул лъик1аб махщелги щун, г1агараб районалде х1алт1изе вач1ана Шамсудин Х1амзатович. Х1алт1ана Харахьи, Г1ашилт1а, Гьоц1алъ гьоркьохъел школазда. 1977 соналдасан байбихьун жакъа къоялде щвезег1анги х1алт1улев вуго Буц1ра гьоркьохъеб школалда. Гьениб араб 41 соналдасан, 35-яб кьуна гьес школалъе нухмалъи гьабиялъе. Районалъул школазул директорзабазда гьоркьов, бищунго ц1ик1к1арал соназ директорлъи гьабурав муг1алимлъун ккола Шамсудин. Узухъда, гьелгощинал соназ х1алт1арав Шамсудинил буго к1удияб х1албихьиги, лъайги, бажариги, гьединго жиндирго х1алт1ухъабаздехун к1удияб т1алабчилъиги, жавабчилъиги.