Автор.Н.Г1алиева.Сентябрь 2018 сон.
Дагьаб цебег1ан г1умруялъул 80 сон т1убана Дагъистан республикаялъул лъай кьеялъул мустах1икъав х1алт1ухъан, г1емерал соназ районалъул нухмалъиялъул жавабиял хъулухъазда х1алт1арав, мустах1икъаб х1алхьиялде аниги, районалъул херазул советалъул председательлъун х1алт1улаго щиб, гьеб х1алт1и тун хадубги, районалъул г1адамазул г1умру-яшав берзукьа биччач1ев Мух1амадинов Г1алиасх1аб Ах1мадовичас.Районалъул нухмалъиялъул хъулухъазда х1алт1улелъул, гьев г1емер цеве вахъунаан «Росдал зах1матчи» газеталъул гьурмаздасан районалда цере ч1арал к1вар бугел суалазул, лъай кьеялда, культураялда, сахлъи ц1униялда, социалиял хъулухъазда данд ч1валел г1олел-г1оларел рахъазул масъалабазул бицун. Гьале жакъаги нижгун дандч1варав Г1алиасх1аб Ах1мадовичасдаги нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.