Автор.Н.Г1алиева.Август 2018 сон.
Г1адатлъун лъугьун бук1ахъе, щибаб ц1ияб ц1алул сон байбихьилалде цебе, араб соналда ккарал х1асилазул бицине, ц1ияб соналда цере ч1арал масъалаби мух1кан гьаризе ва гьел г1умруялде рахъинариялъе нухал ратиялъул мурадалда районалда т1обит1ула педагогазул августалъулаб конференция. Исанаги 28 августалда районалъул культуриябгун эркенаб х1ухьбахъи гьабиялъул централда т1обит1араб конференциялда гьоркьоб лъураб аслияб суаллъун бук1ана районалда лъай кьеялъул даража борхизаби ва хадубккунги гьеб цебет1езабиялъул х1алт1и лъик1лъизабиялъул.