73 сон тIубана КIудияб ВатIанияб рагъда советияб
халкъалъ бергьенлъи босаралдаса. РухIалда барахщичIого багъана нилъер халкъ гурхIел гьечIев тушманасде
данде «Кинабго-фронталъе, кинабго-бергьенлъиялъе!»
ахIиялда гъоркь къасилъи-къадлъи гьечIого, кIвахI
тун хIалтIана ва рагъ ана нилъер умумул. 1418 сордогун
къоялъ халат бахъараб рагъда гьез бихьизабуна жидер
цолъи, гьудуллъи ва ВатIаналде бугеб рокьи. Нилъеда
гьеб киданиги кIочене гьечIо. Кьеги тIолалго районцоязе
ракълилаб гIумрудул парахалъи, талихI-рохел! Камугеги
нужер гьурмаздаса гьими, цIад базе гурого гъугъагеги
зоб! Бергьенлъиялъул къогун, ракьцоял!
«Хунзахъ район» МРялъул бетIерасул ишал тIуралев
Ш. ГIАММАЕВ
Районалъул рагъул ветераназул советалъул председатель
З. ГЪАЙИРБЕГОВ
«РОСДАЛ ЗАХIМАТЧИ» газеталъул редакция.