Автор.Сайпула Гьит1инамух1амадов. Мух1амад Насрулаев.Апрель 2018 сон.
Дун г1емер дандч1вала росабазул яги районазул нухмалъулелгун. Руго гьел унго-унгояб куцалъ рух1ги жанги кьун х1алт1и гьабулелги, руго цох1о харж боси гурони т1аса-масаго х1алт1улелги. Руго ч1ух1аралги пахруялги. Руго жидехъе рач1аразул мурад т1убазе х1алт1улелги. Дие гьаб макъалаялда бицен гьабизе бокьун буго хъулухъалъ т1адег1анав вугилан жиндилъ кинабг1аги ч1ух1и гьеч1ев, рак1бац1ц1адго т1адаб х1алт1иги гьабулев, киндай жиндихъа инсанасе лъик1лъи гьабун бажарилаян ургъулев вук1унев, жакъа 50 сонил ригьалдеги вахунев, гьездаса 25 соналъ ц1ех-рехалъул ва прокурорасул х1алт1уда т1амурав Хунзахъ районалъул прокурор, юстициялъул к1удияв советник Г1умаров Рамазанил. Дида Г1умаров лъалаан Шамил районалда прокурорлъун х1алт1улел 2006-2015 соназги. Амма жакъа г1адин гьесулгун гара-ч1вариялде дун ккун вук1инч1о. Хунзахъ гьесул кабинеталде щведал, Рамазан цевегосев гьудул-гьалмагъ вихьарав г1адин рази-ракиго дандч1вана ва секретаршаялда чай лъеянги абун диргун хабаралде жувана.