Автор.Н.Г1алиева.Март 2018 сон.
К1удияб ч1аголъи бук1ана 8 Марталъул къоялда Хунзахъ росулъ. Радал саг1ат 10 т1убалелдего росдал цин-циял къват1ахъан т1ела-т1елал гьарун рач1унел рук1ана районалъул маданияталъулгин х1ухьбахъи гьабиялъул централде росдал ва районалъулго ригь арал руччаби, диниял х1аракатчаг1и. Гьениб т1обит1улеб бук1ана «Жамг1ияталда, хъизаналда ва дин-исламалда ч1ужуг1аданалъул к1вар» абураб ц1аралда гъоркь руччабазул форум, ай г1адатаб къаг1идаялда абуни, «Маг1арулалъул гъансито»-ян ц1ар лъураб руччабазул мажлис. Дагъистаналъул муфтияталъул даг1ваталъул отделалъул жигарчилъиялдалъун т1обит1улеб гьеб мажлисалде рач1ун рук1ана рехсараб отделалъул вакилзаби: Гъоркь Инхоса Г1айшат Нурмух1амадова, Аргъваниса Аминат Х1айбулаева, Ч1арадаса Сидрат Мух1амадова, нилъерго районалъул киналго г1адин росабалъа вакилзаби, диниял церехъаби.