Автор.Ф.Мух1амадова.Февраль 2018 сон.
Г1адатлъун лъугьун буго районалъул нухмалъиялъул щибаб лъаг1алил байбихьуда г1ат1иракьалда ругел районалъул маг1ишатазде сапар бухьун, г1адатал г1адамалгун дандч1ван, гьезул ах1вал-х1ал ц1ехей. Гьедин, 12 февралалда Бабаюрт мухъалда ругел «Ленинил», «Машгьурал г1адамал», «Гьамишт1а» маг1ишатазде щвана «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бет1ер Саг1ид Юсупов ва бат1и-бат1иял хъулухъ-ишазул нухмалъулелгун специалистал. Улкаялъул Президентасул рищиязде хъутабазда унеб бугеб х1адурлъиялъухъги балагьун, гьалбал щвана г1и-боц1ул фермабазде, боц1ухъабазул къавуде, ц1ехана хасел т1амиялъул, раг1и-хералъул нахъраталил, къинлъул кампания иналъул.