Автор.Н.Г1алиева.Февраль 2018 сон.
30 январалда Шахрудин Шамхаловасул ц1аралда бугеб х1ухьбахъи гьабиялъул централда т1обит1ана районалъул школазул директорзаби, муг1алимал, ч1ах1иял классазул ц1алдохъаби, гьезул умумул г1ахьаллъараб умумузул собрание. Гьеб нухда бачана районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаровас ва гьеб отделалъул специалистаз.Собраниялда г1ахьаллъи гьабуна райадминистрациялъул бет1ер Саг1ид Камиловичас ва республикаялъул информациялъулаб централъул специалист Мух1амадова Заираца.Данделъиги рагьун лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаровас г1одорч1аразе бицана районалъул школазда цогояб пачалихъияб экзамен (ЕГЭ) кьезе ц1алдохъабазул бук1ине кколеб мух1канаб х1адурлъиялъул, унеб ц1алул соналда гьеб экзамен кьолелъул цересел соназде дандеккунги гьаризе ругел ц1илъабазул.