Автор.ТIАЛХIАТ АХЪБЕРДИЕВ,Гъизилюрт шагьар.2018 сон.
(Дагъистаналъул Халкъияв шаг1ир Заид Х1ажиевас 120 сон т1убаялде)
Т1оцебесеб нухалъ «Дагъистаналъул Халкъияв шаг1ир Заид Х1ажиев дида вихьана-1957 соналъул сентябрь моц1алъул ахиралда Хунзахъ росулъ. Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса 78 сон т1убай т1обит1изе Хунзахъе рач1ун рук1ана Мах1ачхъалаялдаса Дагъистаналъул машгьурал ва г1олохъанал поэтазул ва хъвадарухъабазул к1удияб къокъа. Гьезда гьоркьор рук1ана Расул Х1амзатов, Заид Х1ажиев, Х1ажи Залов, Мух1амад Сулейманов, Г1абут1алиб Гъафуров ва гь. ц. бат1и-бат1иял миллатазул поэтал ва хъвадарухъаби. Гьеб роххалилаб данделъи т1обит1улеб бук1ана Хунзахъ росдал к1удияб клубалда. Данделъиялде рач1ун рук1ана районалъул бат1и-бат1иял росабалъа, ва сверухъ ругел районаздаса г1емерал г1адамал.