Вторник, 23.04.2024, 22:47 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Март » 20 » 2017 СОН-ХУНЗАХЪ ФАЗУ Г1АЛИЕВАЛЪУЛ СОН.
20:31
2017 СОН-ХУНЗАХЪ ФАЗУ Г1АЛИЕВАЛЪУЛ СОН.

Бахъараб хвалченги т1огьол квац1иги кодоса г1умруялъ г1одой рехич1ей

Ват1ан, мун бокьизе т1оцебе дида

Лъицадай малъараб гьаб дунялалда

Лъица абадиялъ унареб х1алалъ

Дир х1асратаб рек1елъ бик1араб дур ц1ар.

Гиничукь-буго гьединаб гьит1инаб росу Хунзахъ районалда. Гьеб росулъ гьаюна ва г1уна цох1о Дагъистаналда гуребги, т1олабго дунялалда жиндир ц1ар раг1арай Фазу Х1амзатовна Г1алиева.

Лъимерлъи, г1олиллъи, г1олохъанлъи, балугълъи, херлъи. Гьел цоцазде лъурал кьояллъун рук1уна шаг1ирасе ракьалда кьурал къоял.

Фазу Г1алиевалъул г1умруги, кеч1ги цадахъ байбихьанилан абизе бегьула.

Фазул асарал ц1алулаго нилъеда цебе ч1ола цоги жинда релъараб гьеч1еб г1адаб гьайбатаб т1абиг1атги, маг1арулазул г1адаталги, г1амал-хасиятги, нилъеда рихьула зодихъе г1унт1арал муг1рулги, т1угьдузда росарал расалъабиги, рихьула годек1абахъ, ганч1азда г1одор ч1ун, хабаралда ругел харабиги, мокъокъал г1адин т1адагьго гочун унел ясалги, нилъ лъугьуна пихъаз ц1алтарал гъут1бузул ахакье, руччарал рохьахъе, нилъеца к1алч1вала бац1ц1адаб, чил-чилиялда чвахулеб мг1рул иццул лъеда, г1ахьаллъула росабалъ т1орит1улел байрамазда. Т1оцебесеб кеч1 Фазуца хъвана Г1араниб школалда т1оцебесеб классалда ц1алулаго. Фазуца жиндирго рак1алдещвеязда абулеб буго: «Дие дарс доб мехалъ кьолаан Расул Х1амзатовас. Гьесул «Дир гьа», ян абураб кеч1ги дир «Салам дуде, бах1арчи, пионеразул рахъалдасан»-илан абураб кеч1ги бахъун бук1ана «Мисалияб ц1алиялъе г1оло» ян ц1ар бугеб къадал газеталда. Т1оцебесеб кеч1алъ дида куркьбал гъуна поэтлъун йоржине. Микьабилеб классалда ц1алулаго «Баг1араб байрахъ» газеталда бахъана к1иго кеч1 «Ракълил байрахъ» ва «Кореялъул ясал». «Дир г1агараб росу» абураб т1ехь къват1ибе биччана 1959 соналъ.

«Ват1ан мун бокьизе т1оцебе дида

Лъицадай малъараб гьаб дунялалда…»

Г1адада гуро дица эпиграфалъе росарал гьел мухъал. Гьелъие жаваб кьезе к1ун хадуб, жаваб кьезе к1ола т1олабго г1умруялъул маг1наялъеги. Гьелъ Ват1ан коч1олъ ах1ана, Ват1аналъ гьейги каранде къана.

Г1акароялъул т1огьисан гьелда т1олабго дунял бихьана, дунялалда кие щваниги гьенисан Г1акароги бихьана.

Фазу Г1алиева релъарай йиго жиндирго ракьалъул т1абиг1аталда: гьелъул буго муг1рул иццул бац1ц1алъи, г1оразул хъуди, кьурабазул кьвари, ганч1азул сих1къот1и, т1огьол х1еренлъи, зобалазул г1ат1илъи, ракьалъул рокьи, маг1арулалъул берцинлъи.

Фазуе бокьула нур коч1олъ рехсезе. Нуралъул анкьабго кьералъулъ г1адин, г1умруялдаги коч1олъги кунч1улеб буго гьелъул къисмат. Гьелъулъ буго: гьимиги-маг1уги, г1одиги-релъиги, талих1ги-балагьги, бах1арчилъиги-щакдариги, рокьиги-рокьукълъиги, бац1ц1алъиги-чияр чороклъиги, г1умруялъул рогьелги-ахирисеб сордоги.

Муг1рузде гьумер буссун

К1к1алабахъе мугъ рехун,

Бакъуй керенги рагьун

Буго дун гьаюраб рукъ…

 

Гьеб рукъалъул к1алт1асан

Т1амураб цо галиялъ

Ячана дун г1умрудул

Г1ат1идаб нухалъ цее.

Гьедин хъвана жиндирго цо коч1олъ Фазуца.

Гьеб кинабго рек1елъ бугей ХХ г1асруялъул яс йик1ана Фазу Х1амзатовна Г1алиева.

Дун Г1акароялъул кьурда мугъги ч1ван

Кьижараб росулъе ялагьун йиго.

Дун гьениб сасараб т1абиг1аталъул

Сих1къот1идул ралъдалъ лъедолей йиго.

Гьеб буго шаг1иралъул талих1аб лах1зат. Гьединлъидал Фазуца абулеб буго г1агараб ракьалда:

Дур ургъелгун унти карандеги ц1ан

Ц1валъун юх1илаан лах1заталде дун.

Г1урусазул поэт Василий Федоровас абун буго «Миллион руччабазда гъорлъ Фазу йихьарай аниги, абилаан дица: гьале поэт, гьелъул рек1елъ кколебщинаб ц1ализе бегьила гьадал ц1адулал беразулъ». Г1енеккилин нахъеги шаг1иралъухъ:

..Маг1уги бук1уна бат1и-бат1ияб

Бадисан чвахулеб, рек1елъан унеб….

Маг1уги, раг1иги рек1елъан араб мехалъ рижула, муг1рузда иццал г1адинал, ралъдада карачелал г1адал куч1дул.

Фазу Г1алиевалъул лирика буго-рагьараб рак1, рагьараб пикру. Гьелъул лирикияй героиня йиго маг1арулай, ХХ г1асруялъул к1иабилеб бащалъиялъул яс, х1инкъи-къай гьеч1ей, рак1 рагьарай. Фазу йиго ч1ужуг1адан, поэзиялъул бихьинчилъиялъулъги гьей ч1ужуг1аданлъун, эбеллъун, яцлъун, яслъун хут1ула:

Гьеб бух1иялдеги, рух1елалдаги

Х1инч1 г1азуде г1адин, ругьунлъун йиго

Дур ц1обгьеч1олъиги, вуц1ух1унч1ейги

Ц1орокь лъаралъ г1адин х1ехьолеб буго.

 

Ганч1ица бацараб ицц г1адин йиго

Гьороца бет1араб гъвет1 г1адин йиго

Араб гуронани, бач1унеб гьеч1ей

Нартги т1аг1ун свараб чирахлъун йиго.

Литературиял т1алабазда рекъараб гьайбалъи батизе ккани, бет1ерги рак1ги цоцалъ рекъараб бук1ине ккола, маг1уги раг1иги цолъарал мухъал рижизе ккола, ах1иги гьариги цадахъаб гьаракь раг1изе ккола:

 

Нужеда бихьанищ ч1ег1ераб г1азу,

Г1унсби къан рек1еда рек1ун хут1араб

Т1ад моц1аз роол бакъ бахананиги,

Бух1унги унареб, х1еккинги гьеч1еб…

Гьединаб кеч1алда гъоркь гъулбас гьабизе щвей шаг1иралъул къисмат буго. Раг1аби руго г1одулел пикраби руго угьдулел. Гьединал раг1аби ратизе к1ола г1иц1го Фазу Г1алиевалда, гьелда к1ола къваридаб къоялъги йохун йик1ине, рак1 кьват1ун унеб къоялъги кеч1 ах1изе. Кинабго к1очон тола, лъик1аб кеч1 к1очон толаро, гьеб жибго рек1елъе лъугьун гьениб рек1ун хут1ула:

Дир куч1дул ц1алараца

Ц1адирабазда т1ад лъе

Дир г1умрудул къоязул

Къварилъиги рохелги.

 

Къали, рикьиги босун

Борце дир раг1и, релъи,

Гьелдасан къедги сок1к1ун,

Къисматалъухъ балагье.

Щивав шаг1ирасул жиндирго къисмат буго, къваридаб батаниги, талих1аб батаниги.

Къисматалъ ах1ун вахъинавун уна гьев г1умруялъул даимаб рагъде, мугъзалъ реч1ч1аниги, рек1елъ щола гьесда гулла.

Цо-цо мехалъ гьелъ гьарурал сипат-суратазда г1ажаиблъизе бач1уна, рак1алдго гьеч1ел сверабазда лъалхъун хут1ула.

Хасалихълъиялде кеч1 хъвач1ев цониги шаг1ир хут1ун ватиларо. Балагье цо гьелъие Фазуца кьураб образалъухъ:

Гьорол ханлъи буго. Хаслихълъи щвана

Щобазул гох1азул бут1рул к1к1ван руго

К1к1уй беролеб буго парсахъан къват1иб

Хъалиянал ц1алел ругел г1адинан.

Художникас сурат бахъулеб г1адин раг1абаз бахъун буго хаслихълъиялъул сурат. Фазуда т1абиг1ат лъала, т1абиг1аталда Фазуги лъала.

Бищунго лъик1 Фазуги лъалев гьелъул г1умруялъулги, г1ищкъуялъулги, шиг1рабазулги гьудул Дагъистаналъул халкъияв поэт, Муса Мух1амадовас гьелъул х1акъалъулъ хъвана:

Мун ана т1ок1ав дун х1ажат гьеч1илан,

Х1анч1ил бусен г1адин сук1ун гъалги лъун

Нич бикъун бакъуе гъуждулги рагьун,

Рорхатал угъдуца ч1инхалги хъурун.

Гьединаб г1амал буго Фазул коч1олги.

Фазу Г1алиевалъ хъвана лъабкъоялда анц1гог1ан маг1арул, г1урус, къват1исел пачалихъазул мац1азда рахъарал куч1дузул ва прозаялъул т1ахьал, к1икъогог1ан поэма. Гьезул бицине ккани т1убараб т1ехь хъвазе ккела.

Фазу Г1алиевалъул т1ахьал къват1ире риччана цох1о маг1арул, г1урус мац1азда гурелги, ингилис, паранг, испаниялъул, польшаялъул мац1аздаги.

Гъираялда гьелъул асарал ц1алула 10-10 бат1иял улкабаздаги. Хъвадарухъан гурейги, Фазу (йиго) кколаан жигарай жамг1ияй х1аракатч1ужуги.

Гьей йик1ана ДАССРалъул Верховный Советалъул председателасул заместительлъун, депутатлъун. Гьей кколаан т1олго дунялалъул рекъел ц1униялъул комитеталъул членлъун ва гьелъул Дагъистаналда бугеб отделениялъул председательлъунги.

СССРалъул ва РСФСРалъул хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул членлъун, йищун йик1ана РСФСРалъул 2-3-4 ва СССРалъул 4-5 хъвадарухъабазул съездазул делегатлъун. Халкъазда гьоркьоб рекъел ц1униялъе г1оло гьабураб х1аракатаб х1алт1уе г1оло Фазу Х1амзатовна мустах1икълъана (1976 с.) Т1олгосоюзалъул ракълил советалъул юбилеялъулаб медалалъе. Рагъулабгун Ват1ан бокьиялъул темаялда хъварал куч1дузул циклалъухъ 1979 соналъ СССРалъул оборонаялъул министерствоялъул премия кьуна Фазуе, гьей ккола республикаялъул Сулейман Стальскиясул ц1аралда бугеб пачалихъияб премиялъул лауреат, Дагъистаналъул халкъияй поэтесса.

Фазуе щвана к1иго «Х1урматалъул г1аламат» орден, «Халкъазул гьудуллъи»-орден.

ДАССРалъул Верховный Советалъул президиумалъул х1урматалъул грамотаби ва цогидалги шапакъатал. Бищунго к1удияб, х1урматияб шапакъат гьелъие кьуна Россиялъул президент В. В. Путиница Аппостол Андрей Первозванныясул орден. Гьеб кьолаго Путиница абуна: «гьай г1акъилай, бах1арчияй ч1ужуг1аданалъул раг1ул къуват Дагъистаналда гуребги лъала. Бищунго зах1матал къояз гьей кидаго ятула жиндасан г1адамазе кумекги, кверч1вайги х1ажаталъуй»-абун.

Поэт кидаго поэтлъун хут1ула. Унго-унгояв поэт живго хваниги, гьесул ц1ар, асарал, шиг1раби абадиялъго хут1ула нилъерги, нилъеда хадуб бач1унеб г1елалъулги рек1елъ. Гьединай йик1ана Фазу, лъидаго релъинч1ей, жиндирго хат1ги бугей, жиндирго нухги бугей.

Фазу йик1ана Фазу.

Лъуг1изабизе бокьун буго шаг1иралъул х1акъалъулъ Хунзахъа поэтесса З. Батыровалъ хъварал раг1абаздалъун:

Г1ебса к1ич1ун ч1варай ч1инч1у берцинай,

Ч1артил букъаниги, гурде рекъолей,

Мах1мудил сариназ, Сафол куч1дуца

Каранда бакараб ц1а свине теч1ей.

Гьудуласул гъасде рохел бач1ани

Кунелъуб квенги тун баркизе уней.

Тушманасул рокъоб къварилъи ккани

Г1одун гуронани, йохизе лъач1ей.

Бахъараб хвалченги, т1огьол квац1иги

Кодоса г1умруялъ г1одой рехич1ей.

Цо рахъалъ-Европа, цо рахъалъ-Гинчал

Аск1оса к1иялго камизе теч1ей.

Бак1ал къварилъабаз къвал жеманиги,

Къарт1алъ къо лъик1илан абизе ч1еч1ей.

Соназул ихаца черх чураниги

Чиниг1ан бац1адго гьумер ц1унарай.

Бице, Фазу, хасаб, дудаго лъалеб

Балъголъийищ бугеб берцинлъиялъулъ?

Яги дур Мусада нилъер муг1рузда

Г1олохъанлъиялъул хердай батараб.

Лъаг1ел бана Фазу нилъгун гьеч1елдаса. Амма наслабаз, наслабахъе кьун Фазул ц1арги, гьелъул асаралги кидаго ч1аго рук1ина. Фазуцаги бана жиндиего памятник. Гьелъул борхалъиялде лъидаго вахине к1веларо. Гьеб борхалъудасан нилъее канлъи кьолей кидаго ч1аго йиго Фазу Х1амзатовна Г1алиева.

Г1алиева Г1айшат Хунзахъ ЦБСалъул Т1агьада бугеб филиалалъул нухмалъулей.

Материал х1адурулаго мунпаг1ат босана:

1992 соналъул 5 декабралъ къват1ибе бач1араб «Х1акъикъат» газеталдаса

  1. соналъул 31 июлалъ, 1994 соналъул 13 маялъ риччарал «Росдал зах1матчи» газетаздасан. Гьединго рик1к1ен г1емерал Фазул т1ахьаздасан.
Просмотров: 2274 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz