ХIурматиял районалъул захIматчагIи, рагъул ва захIматалъул ветеранал, тIолалго районцоял!Гьале нилъеца тарихалъубе рег1ана иргадулаб 2017 сонги ва дандч1вай гьабулеб буго 2018 соналъулгун. Араб сон букIана нилъер гIумруяулъ хиса-басиял ккараблъун. РукIана рохалил къоялги, амма хутIичIо камиял ккечIогоги. ГIумру буго гIумру. Кин-щиб бугониги, 2017 сон букIана гIемерисезе жиндир рекIел гIемерсоназулал мурадалгун анищалги, лъикIал къасдалги тIубараблъун. Божи ва хьул буго ЦIияб соналъги щибаб хъизаналъе сайгъат гьабилин талихI, щибаб рукъалъе хинлъи, щивав чиясе сахлъи. Рагьдухъ рещтIун ЦIияб сонгун бокьун буго районалъул нухмалъиялъул рахъалдаса ракIракIалъ баркизе районалъул тIолалго гIадамазда ЦIияб соналъул байрам. Гьаризе щивав чиясе цIияб талихIгун рохел. Риччанте тIуразе щивасул рекIелъ ругел лъикIал къасдалгун мурадал, лъикIлъизе гIумру-яшав, бугелда баракат лъезе, тIаде рачIунел нигIматал гьарзалъизе. Биччанте, ЦIияб 2018 сон букIине ургъел-балагьал рикIкIалъараблъун, ракълилаблъун ва талихIаблъун, рос-лъади, хъизан-лъимал, тIолалго гIадамал цоцада ричIчIараблъун, районалда церечIарал масъалаби тIураялъе, районалъе ва гьелъул гIадамазул гIумру-яшав лъикIлъиялъе гIоло районалъул халкъ, киналго районцоял гъункулеблъун ва цолъулеблъун. ЦIияб соналъ кинаб нухккун нуж унел ругониги, дандчIваге абе нужеда ургъелгун балагьал, къварилъабигун захIмалъаби. Гьарула нужер щивасе щулияб сахлъи, рекъел, хъизанрукъалъулаб талихI, икъбал. ЦIияб сонгун, цIияб талихIгун, хIурматиял ва хириял районцоял! «Хунзахъ район» муниципалияб районалъул бетIер С. ЮСУПОВ.Районалъул собрание.«Росдал захIматчи» газеталъул коллектив.