Нилъер районалъул г1адамазул рах1ат хвезабун бук1ана Т1ануси росулъе щвараб хъах1илаб ц1атари (газ), районалъул цойгидалги, гьеб щвезе рихьизарун рук1арал Хунзахъа, Г1арани, Бакьагьеч1и, Гиничукь, Ц1ада росабалъе, гьаб соналдаг1аги щолеб гьеч1олъиялда бан.Гьеб суалгун жакъа нижер мухбир щвана районалъул муниципалияб бюджеталъулаб учреждениялъул капиталиял ралел бак1азул отделалъул нухмалъулев Саг1адула Мух1амадович Батировасухъе. Гьелда хурхун гьес нижее бицана гьадин: