Автор.Н.Г1алиева.Сентябрь 2017 сон.
Нилъерго тарих, цересел тарихиял лъугьа-бахъинал, х1ужжаби рак1алда ч1езари, нилъер умумул, рук1а-рахъин, машгьурал г1адамал, гьезул хьвада-ч1вади, нилъер халкъалъул г1адатал, культура лъазаби, гьезул церет1еяздаса рохи ва ч1ух1и, Ват1аналде рокьи, гьелъие г1оло, нилъер умумузул мисалалда, рух1 кьезеги х1адурлъи г1ун бач1унеб г1елалъулъ куцай-гьеб ккола ц1акъго к1вар ц1ик1к1араб ишлъун.