Автор.Н.Г1алиева.Сентябрь 2017 сон.
Г1адатлъун лъугьахъе, 24 августалда районалъул Культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана щибаб соналъул август моц1алда т1обит1улеб педагогазул августалъул конференция. Гьелъул аслияб мурадлъун бук1ана араб ц1алул соналъул х1асилал гьари, бач1унеб соналда цере ч1арал масъалаби лъазари, хадубккунги лъай кьей цебет1езабиялъул даража борхизаби, гьелъие ц1и-ц1иял нухал рати.
Конференциялда г1ахьаллъи гьабуна ДРялъул транспорталъул, энергетикаялъул ва бухьеналъул министрасул заместитель Юсуп Малламух1амадовас, районалъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовас, районалъул школазул, ясли-ахазул директорзабазгун заведующияз, педагогаз.
Г1ахьаллъаразда ц1ияб ц1алул сонги баркун данделъи рагьана районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник З. Х1. Г1умаровас ва бицана районалда лъай кьеялъул бугеб ах1вал-х1алалъул.
Жакъа нижеца газеталдасан кьолел руго гьесул докладалдасан къокъал баянал.