Автор.М. Дарбишев, Дагъмузеялъул Хунзахъ филиалалъул архивалдаса.Июль 2017 сон.
Революциялъул ва граждан рагъазул сонал рик1к1алъанаг1ан ц1ик1к1ун нилъер рак1азе г1агарлъулел руго доб заманалда бах1арчилъиялда рагъарал ва къох1ехьеялъул мисал бихьизабурал г1адамал. Гьединазул цебесеб кьералда вук1ана нилъер ракьцояв, революционер ва г1уц1арухъан Муслим Атаевги. Гьесул бах1арчиял ишазул ва гьес гьарурал гьунаразул тарихалда г1емераб хъван буго. Амма бицине хут1арабги жеги г1емераб буго. Гьесда Муслимилан къокъ гьабун абулаан. Атаевасул т1убараб ц1ар бук1ана Абулмуслим.