Божизеги захIматаб, божаниги ракIалъ къабул гьабизеги бокьулареб хIакъикъатлъун лъугьана гьайбатал къасдалги, мисал босизе рекъарал ишалги гьанирго тун, араб анкьалда ГьитIинов МухIудадаца абадияб рокъобе сапар бухьин. 26 маялъ къокъидго чIвараб захIматаб унтул квачIикьа ворчIизе кIвечIо гьев мунагьал чурадида. ЛъикIав инсан, жигарав жамгIияв хIаракатчи, гьунар бугев гIуцIарухъан, гIемерал соназ батIи-батIиял жавабиял хъулухъазда хIалтIарав ва тIолабго гIумру гIагараб районалъе пайдаялъе буссинабурав ГьитIинов МухIудада ТIалхIатовичасул хвел бакIаб камилъун лъугьана районалъего.