Автор.И.Мух1амадов.Май 2017 сон.
22 маялда нилъер районалде яч1ун йик1ана Дагъистаналъул Миллияб политикаялъул рахъалъ министр Татьяна Гамалей. Гьей яч1иналъе г1илла бук1ана гьеб къоялъ районалда «Кин вугев, мадугьал?» абураб фестиваль т1обит1улеб бук1ин. Чедгун ва ц1амгун министралда дандч1вай гьабуна Бакьагьеч1и росда нахъа районалъул нухмалъиялъ. Гьелда цадахъ ругоан республикаялъул бет1ерасул кумекчи, политикиял г1елмабазул доктор Камил Ланда, миллияб политикаялъул министерствалъул вакилзаби ва цогидалги.
|
Автор.Н.Г1алиева.Май 2017 сон.
2014 соналда Хунзахъ рагъулабгин спортивияб профилалъул гьоркьохъеб школалде директорлъун т1амуна Мух1амадинов Мух1амадсайгид Г1алиасх1абович. Х1алт1изе лъугьараб т1оцебесеб къоялдасанго, к1удияб жигарчилъиялда байбихьана гьес ц1алулъ, г1адлу-низамалъулъ ва класстун къват1ибехун гьабулеб х1алт1улъ школа цересезул кьеразулъе бачине. Щварал грамотабазул, баркалаялъул кагътазул бицинч1онигицин, гьаб ахираб 3 соналда жаниб школалъе щун руго бат1и-бат1иял спортивиял къецазда бергьенлъаби росун 9 кубок. Гьезда гьоркьор руго Россиялъул ц1алдохъабазул риидалилаб кьвагьдохъабазул спартакиадаялда бергьенлъи босун щвараб гуребги, республикаялъул г1олилазда гьоркьор т1орит1улел къецазда цересел бак1алги росун Дагъистаналъул г1олилазул ишазул рахъалъ Министерствоялъ, райадминистрациялъ кьуралги. Жакъа нижгун дандч1варав школалъул директор Мух1амадсайгид Г1алиасх1абовичасда гьарана нижеца школалъул ц1алдохъабазул бергьенлъабазул ва ккарал хиса-басиязул бицеян. Гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари:
|
Автор.Малламух1амадова Заира.Май 2017 сон.
Г1умруялъул берцинаб лъалк1ги нахъе тун 2016 соналъул 2 декабралъ нилъедаса ват1алъун абадияб рокъове ана Малламух1амадов Камил Х1ажиевич. Гьев вук1ана бажари бугев г1уц1арухъанги, махщел т1ок1ав педагогги, г1адамазда гьоркьоб къадру-къимат бугев, бег1ераб ва гъваридаб лъаялъул, унго-унголъунги лъик1ав инсан.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Май 2017сон.
Паризаяб тIоцебесеб кIал дица ккуна цIакъго кватIун, аставфируллагь. Гьереси щай, кIалдибе лъим босизабун, черхалъе бугеб «зарал» чIезабун какал раялдаса, кIалал кквеялдаса, мажгитаздаго гIураллъун жакъа жалго рихьизарулел светиял хIаракатчагIаз тархъизариялда ана диргун гIелбащадазул лъимерлъи. Жакъайин абуни дуй йохарай йиго тIад лъураб гуреб, суннатабцин кIал кквезе щвараб ресалдаса, хъвалисун балагьулезул берда цеесан яхча-хьвараб ретIа-къаялда данделъабаздегун бюрократиял гIодорчIеязде ине дидаго кIвеялдаса.АльхIамдулиллягь.
|
|