Автор.И.Мух1амадов.Май 2017 сон.
Исана нусго сон т1убала дунялалъулго тарихалда гъваридаб лъалк1 тараб К1удияб Октябралъулаб революция ккаралдаса. Улкаялъул президент В. В. Путинил указалда рекъон к1одо гьабизе буго гьеб юбилей. Жакъа г1емерал бат1и-бат1иял пикраби руго халкъалда гьоркьор инкъилабалда хурхун. Руго гьеб какулелги беццулелги. Гьел к1иялго цо хасаб къадаралъ рит1арал ратила. Амма нилъер щивасда т1адаб буго нилъерго тарих лъазе ва гьелъул адаб гьабизе. Тарих лъазабиялъ рес кьола церехун риччарал гъалат1ал такрарлъич1ого рук1инеги. Гьединлъидал рак1алде ккана к1иябго рахъалдасан революциялда ва граждан рагъулъ г1ахьаллъарал нилъер машгьурал районцоязул кьуч1аб къаг1идаялда бицине. Гьаб номералда кьолеб буго Илъаса революционер Къураев Мух1амадил х1акъалъулъ макъала.