Х1урматиял районалъул г1олохъанал гражданал! Дун г1орхъи гьеч1ого вохарав вуго районалда унго-унголъунги мустах1икъал ирсилал г1ун рач1унел рук1иналдаса. Бич1ч1ула г1олилал нилъер жакъасебги бук1инесебги кколеблъи, пачалихъги гражданлъиялъулаб жамаг1атги г1уц1улаго. Гьезлъидалха кодобе босизе бугеб ч1ах1ияз байбихьараб лъик1абщинаб. Вохула сундулъго цересел кьералъ рук1ине г1олилаз бахъулеб х1аракаталдаса, гьезул лъик1ал къасдаздаса, ургъулел ц1и-ц1иял проектаздаса. Нижеца х1аракат бахъила нужер г1уц1арухъанлъиялъулаб х1аракатчилъиялъул рахъ кквезе, нужеда кодоблъидалха бугеб районалъул, республикаялъул ва т1олабго улкаялъулго бук1инесеб. Божула гьеб бук1инесеб гьанжеялдаса г1емерго лъик1аб бук1инеблъиялда. Х1акъикъаталдаги гьединал х1аракатал г1адамал х1ажат руго нилъер жамаг1аталъе.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Апрель 2017с.
Жакъа нилъеца нагагь-надир гурого ахIуларо некIсиял кучIдул, нилъер кьурдабазулъ хутIун гьечIо умумузул къартI, тадбиразда цебе гурого къватIире рахъуларо гъансиниса кIодоэбелазул хъабалаби, сушиял кванан ругьунаб ургьир «рекъоларин» кваналаро анкьумумузул квенал-нигIматал. Амма лъица-щиб бицаниги, халкъиябин рикIкIине бегьулебщиналъ бачIинабула пагьму-шагIирзабазе, художниказе, хореографазе, кочIохъабазе. Гьелдаса пайдаябги, миллаталъул хаслъи цIунулебги, мокъокъида расенгIан нилъеда рекъарабги щибго гьезеги гьечIо.
|
Автор.И.Мух1амадов Апрель 2017с.
Гьал г1агарал соназда нилъер республикаялда ва районалда рак1 унтарал г1олилаз, школлъималаз-активистаз ва цогидазги ц1ик1к1аразе, лъимал-инвалидазе кумек гьабулаго, субботниказулъ г1ахьаллъи гьабулаго дагь-дагьккун кьуч1 лъуна районалда волонтеразул багъа-бачариялъе.
|
Автор.И.Мух1амадов.Апрель 2017с.
Жакъа тайпадулаб г1и-боц1ухъанлъи цебет1езаби Северияб Кавказалдаги гьелдаго гъорлъ Дагъистаналдаги цереч1арал аслиял масъалабаздасан цояб ккола. Республикаялъул экономикаялъул гьеб бут1аялда бищунго ч1ах1иял маг1ишатаздасан цояб ккола СПК «Дудар Г1алиевичасул ц1аралда бугеб племзавод».
|
Автор.Халилбегов М-Х1Моч1охъ росу.Апрель 2017с.
Абизе бегьула районалда нижер росу гурого г1исинал лъималазе ясли-ах гьеч1еб росу бук1инч1илан. Гьажеялдаса к1икъого соналъ цебего нижеца районалъул нухмалъиялде ккара-ккарав руководителасда гьарулеб бук1ана нижер лъималазе ясли-ах рагьиялъе квербакъи гьабейилан. Цо-цояз нижехъ г1ин т1амулеб бук1инч1о рищиял т1аде щолел къояз гурого, цо-цояз гьабилилан нижер хьул лъезабулеб бук1ана. Ва гьеле гьедин гьеб хьул халалъана т1убараб к1икъого соналъ.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Апрель 2017с.
Коч1ое жиделъ унго-унгояб махщел бугел г1олилазда гьоркьоб нилъер районалъул Т1агьада росулъа Марат Х1асановасул ц1ар рехсани, дида т1ад рекъолел гурого, Хунзахъа чаг1и рук1унареблъи лъала дида. Гьелда т1адеги Марат ккола инсанасул г1умруялда бищун к1вар бугеб, рохалил тадбир-бертин нухда бачунев профессионалияв тамадаги. Гьит1инаб къоялдасанго загьирлъана г1олиласулъ кеч1-бакъаналде, сценическияб махщалиде рокьи-гьеб г1ажаиблъизе кколеб х1ужаги гуро-районалъго адабалда жидер ц1ар рехсолел Маратил эбел-инсулъги буго кеч1-бакъаналъе махщел-гьунар. Рах1матулагьги Сиядатги рачун лъималгун хьвадулел рук1ун руго гъутабазде, росабалъе концертал кьезе. Г1иц1го «щуйил» къиматазда Г1араниб гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун, ц1ализе лъугьана гьев ДГУялъул культураялъул факультеталде. Лъик1ал х1асилалгун гьебги лъуг1изабун гали т1амуна к1удияб сценаялде. Маратица хъвала жинцаго ах1улел куч1дузе бакънал, раг1аби. Гьев ккола Дагъистан республикаялъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъанги. Г1емерго ах1ула Х1асанов г1олилазда гьоркьор т1орит1улел конкурсазул жюриялъул г1ахьалчилъун. Х1алт1ана Авартеатралда, Кизилюрталъул культураялъул управлениялда. Гьабсаг1ат гьес нухмалъи гьабулеб буго г1емер ц1ар бугел коч1охъабаздасан г1уц1араб «Волна» ансамблялъе.
|
Автор.Н. Г1алиева.Апрель 2017с.
Гьал г1агарал къоязда нилъер районалъул искусствалъул школа мустах1икълъана Дагъистан республикаялъул ц1алулгун методикияб централъ лъазабураб декоративиябгун прикладнияб искусствалъул конкурсалда т1оцебесеб бак1алъе ва т1оцебесеб даражаялъул дипломалъе. Гьеб т1адег1анаб къиматалъе школа мустах1икълъана «Ихдалил фантазия» конкурс-выставкаялда дунялалъул халкъазул ясик1аби рихьизарулелъул бихьизабураб профессионалияб бербалагьиялъухъ ва жидеего хасиятаб къаг1идаялда ургъун гьабураб мурадалде буссараб х1алт1иялъухъ.
|
|