Автор.И.Мух1амадов.Март 2017с.
Лъик1аб г1адатлъун лъугьун буго санайил росабазул командабазда гьоркьоб, щибаб февраль моц1алъ районалъул бет1ерасул призазе г1оло волейболалъул рахъалъ турнир т1обит1и. Гьеб турнир ккола районалъул спорт, хасго волейбол бокьулезул бищун жинде интерес ц1ик1к1аразул цояблъун. Нилъер районалда гьеб т1обит1улеб буго 2002 соналдаса байбихьун. Гьеб заманалда жаниб турниралда бергьана г1иц1го ункъго бат1ияб росдал команда. Исанаги 18-19 февралалда Хунзахъ Р. Х1амзатовасул ц1аралда бугеб спорткомплексалда т1обит1ана турнир, гьелда г1ахьаллъи гьабуна кинабниги анлъго командаялъ.
|
Автор.И.Мух1амадов.Март 2017с.
21 февралалда Хунзахъ райадминистрациялда т1обит1ана районалъул депутатазул собраниялъул иргадулаб сессия. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас, гьесул заместителаз, райадминистрациялъул отделазул нухмалъулез, росабазул бегавулзабаз, депутатаз, республикаялъул энергетикаялъулгун бухьеналъул министрасул заместитель, нилъер ракьцояв Юсуп Маламух1амадовас, районалъул жамг1иял х1аракатчаг1аз ва цогидазги.
|
Автор.И.Мух1амадов.Март 2017с.
16-17 февралалда нилъер районалда т1орит1ана ц1ер ч1варал лъел чвахияздасан хариялъул рахъалъ республикаялъул къецал. Гьел г1уц1ун рук1ана «Макьас» абураб регионазда гьоркьосеб экстремалияб х1ухьбахъиялъул фестивалалда рекъон.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Март 2017с.
Халкъазда гьоркьосеб рахьдал мацIазул къо кIодо гьабун, февралалъул 19 къоялъ ЦIадаса ХIамзатил цIаралда бугеб Аваразул театралда тIобитIана рахьдал мацIалъул фестиваль.
|
Автор.Н.Г1алиева.Март 2017с.
Дир сонал-дир бечелъи ва ч1ух1и.Гьал къоязда г1умруялъул 90 сонилаб юбилей к1одо гьабулеб буго Хунзахъ росулъа К1удияб Ват1анияб рагъул ва зах1маталъул ветеран Гьиматов Мух1амадрасул Гьиматовичас.К1удияб Ват1анияб рагъ… Нилъер советияб халкъалъ босана 20-абилеб г1асруялдаго бищунго г1емераб би г1одобе т1ураб К1удияб Бергьенлъи. Рух1алда барахщич1ого ц1унана нилъер г1олохъабаз жидерго Ват1ан. Цо миллионг1ан гурого халкъ гьеч1еб Дагъистаналъ рагъде вит1ана 180 азарго г1олохъанчи. Гьездасан 90 азарго чи т1ад вуссун гьеч1о.
|
Мух1амадов Нуридин гьавуна 1931 соналъ Сивухъ росулъ векьарухъанасул хъизаналда. Гьит1инго лъай босиялде гъира ц1ик1к1арав гьев, Сивухъ росдал анкьго сонил ва Г1араниб гьоркьохъеб школалги лъуг1изарун, 1951 соналъ ц1ализе лъугьана Москваялъулаб росдал маг1ишаталъул Тимирязевасул ц1аралда бугеб академиялде ва гьелъул агрономиялъулаб факультетги бергьенлъиялда лъуг1изабун, г1елмияв агрономасул дипломги босун, 1956 соналъ вач1ана г1агараб росдал «Ц1ияб г1умру» колхозалъул агрономасул хъулухъалде х1алт1изе.
|
|