ЦIакъго Шималияб Кавказалъул ургъел бугев чилъун гIадамал руге-ругелъуб живго вихьизавиялдалъун машгьурлъарав журналист М. Шевченкоца жиндирго социалияб гьиналда лъеялдалъун гьал къоязда тIибитIун араб Дагъистаналъул БетIер Р.ХI. ГIабдулатIиповги хъулухъалдаса нахъе витIун, гьесул бакIалде РФ-ялъул Миллияб Гвардиялъул аскаразул бетIераб штабалъул начальник, полициялъул генерал-полковник С.М. Ченчик вачIине вугилан хабар, батIа-батIайиса къабул гьабуна гIадамаз: цоял миллияб цолъи-гъункиялъул аслуго кIочон тун рекерана рохун хабар тIибитIизабизе, цоял ургъалилъе ккана гьадигIанго квешищха Дагъистаналда иш бугебан, лъабабилез «Баккизе бакъ гурин, базе цIад гурин» санго гьабичIого тана. Лъиениги балъголъи гуро, жиндирго болжал лъугIидал республикаялъул вукIа, районалъул вукIа нухмалъулев унеблъи, ялъуни кIиабилеб, лъабабилеб болжалалъ добго ишалда хутIулевлъи, цояв индал цойгидав г1урусав Ченчик вук1а, Дагъистаналъул миллатазул цонигияв вук1а вач1унеблъи. Амма болжал лъугIилалдего раккулел харбаз жамгIияталда лъугьинабула бичIчIулареб рахIатхвей. Гъоркьехун кьолел руго тIадехун бицаралда тIасан «Фейсбук» социалияб гьиналда цо-цо гьалмагъзабаз лъурал пикраби.
|
Автор.Н.Г1алиева.Январь 2017с.
Лъиего балъголъи гуро г1ун бач1унеб г1елалъе тарбия кьеялъулъ ригь арал г1адамазул бук1унеб к1вар. Г1адат х1исабалда, гьаб ахираб заманалда хут1изег1ан, цониги к1вар бугеб иш унароан ригь арал г1адамаз г1ахьаллъи гьабич1ого. Гьел рук1унаан бищунго х1урматияб ва къадруяб бак1алда г1одорч1езарун. Гьезул мисалалда ц1унулаан умумузул г1адаталги г1аданлъи-нухги. Кинаб бугониги даг1ба-къец унароан гьел гъорлъ г1ахьаллъич1ого. Гьел рук1ана ва руго насих1атчаг1иги.
|
Автор.Баху Мух1идинова.Январь 2017с.
Щиб жо гьеб-къадру? Гьеб буго бищунго цебе бац1ц1адаб г1умру, напсалъ малъа-малъараб гьабунгут1и, гьереси бицунгут1и, рит1ухълъиялъул рахъ кквей, живго гурел аск1ор ругелги рихьи…Бакьайч1и чанги руго къадруял, дица гьанир жидер х1акъалъулъ хъвазе мустах1икъал г1адамал. Амма, бищун цеве рак1алде вач1уна Айтбер Халилович. (Бекьеч1дерица абулеб г1адин Айтирилан хъвазеги бегьилаан, амма дирго химиялъул учитель вук1индал, бат1ияб къаг1идаялъ хъван бажаруларо).
|
|