Гьале нилъеца бегулеб календаралъул ахирисеб т1амач, тарихалде т1обит1улеб буго улкаялъул, республикаялъул, районалъул ва нилъер щивасул г1умруялъулъ бихьулеб лъалк1 тараб, г1емерал к1вар бугел лъугьа-бахъиназдалъун бечедаблъун бук1араб2016 сон. Абиларо бигьаяб бук1анин нилъее гьаб сонилан. Амма дица тола гьеб нилъеда цере лъурал масъалаби цо къадаралъ т1урараб, районалъул халкъалъул г1умру-яшав лъик1лъараб ва г1адамазда гьоркьоб цоцаздехун вацлъиялъулаб гьуинлъи ц1ик1к1араблъун бук1анилан. Баянаб жо, нилъер пикруялъул, мурадазул хехлъиялда рекъон киналго масъалаби цо параялъ т1уразе рес бук1унаро. Амма киг1анго кин бугониги араб соналъги районалъул социалиябгун экономикияб бут1аби церет1еялъе лъик1аланго х1алт1аби гьаруна, гьебги нужер кумек, квербакъиялдалъун.
Районалъул т1олабго жамаг1аталда т1аде щвараб ц1ияб сонги баркулаго гьаризе бокьун буго щибаб рокъоб талих1-рохелги щулияб сахлъиги. Щаклъи гьеч1о ц1ияб сон районалъул зах1матчаг1азул гъунки ва гьудуллъи щулалъараб, г1умру гьабиялъул шарт1ал гьарзалъараб ва г1агараб район цебет1еялъе гьайбатал ишазул ц1ураблъун бук1иналда.
Нужер х1урматгун районалъул бет1ер С. Юсупов.