Автор.И.Мух1амадов.Август 2016с.
2010 соналъул 25 октябралдаса нахъе Г1обода сельсоветалъе нухмалъи гьабулеб буго Мух1амадов Сидикъица. Советалде гьоркьобе уна 1 клуб, 2 ФАП, 1 СРП, байбихьул классазул 2 школа, 2 библиотека ва 1 гьоркьохъеб школа. Советалде гъорлъе унеб лъабго росулъ ва к1иго гъутаналда г1умру гьабун буго 1421 чияс. Нахъа тараб заманалда жаниб гьабураб ва гьабизе рак1алда бугеб х1алт1улги росулъ бугеб ах1вал-х1алалъулги ц1ехон, дун дандч1вана Мух1амадов Сидикъгун.