Автор.Ф.Мух1амадова.Июль 2016с.
Мухбирасул х1алт1улъ бищунго бергьенлъи борцунеб роценлъун рик1к1ине бегьула г1адатал г1адамалгун гьесул щибаб къойилал дандч1ваял, гьел г1умру гьабун бугел бак1азде ун, х1ал-х1укму ц1ехон, жидерго беразда бихьаралдасан, г1иналда раг1аралдасан макъала хъвазе к1вей. Нижер г1аммаб пашманлъиялъе, районалъул журналистал къогоялдасаги ц1ик1к1ун соналъ мах1рум гьарун руго гьеб ресалдаса – гъоркь рек1ине жалго бет1ергьанаб транспорт гьеч1олъиялъ «Росдал зах1матчи» хут1улеб буго г1иц1го цо-к1иго росдал, райцентралъул, райадминистрациялъул чапарлъун.