ХIурматиял диналъул вацал ва яцал! Ахиралде щвана баракатаб, жинда жаниб хирияб Къуръан рещтIараб, Лайлатул къадриялдалъун кIодо гьабураб рамазан моцI. Гьеб лъугIидал бусурбабаз кIодо гьабула кIалбиччаялъул гIид ва Аллагьасда гьарула, хирияб рамазан моцIалъ ккурал кIалал, рарал какал, гьабураб лъикIаб гIамал къабул гьабегийилан. Баркула киназдаго гьеб гIидалъул къо. Хирияб рамазан моцIалъ гьарурал лъикIал гIамалалги киназулго къабул гьареги, гьел хадусел моцIаз цIикIкIинаризе, гьезда тIадчIезе тавпикъги кьеги. Баракатаб моцIалъ как- кIалазулъ мукъсанлъи ккарал бусурбабазеги гьарула, тавбуги гьабун, Аллагьасул ритIухъаб нухдаса таричIого церехун рилълъин. Ахирзаманалъул балагьалдаса Дагъистанги тIолалго бусурбабиги цIунаги! Биччанте кIалбиччан къоялъул гIидалъул баракат рещтIине щивав районцоясул рокъоб. Амин!
«Хунзахъ район»МРялъул бет1ер С.Юсупов
Райсобраниялъул председатель Х. Хваджаев
«Росдал зах1матчи» газеталъул редакция