Автор.Ф.Мух1амадова.Июнь 2016с.
Цебеккун районалъул басмаялъ лъазабухъе, араб анкьил шамат къоялъ Дагъистан Республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1ипов х1алт1улаб сапаргун вач1ун вук1ана Хунзахъе. Гьесдаго цадахъ нилъехъе бач1ун бук1ана республикаялъул т1алъиялдаса саламатаб делегацияги.Рехселин гьезул цо-цоял: ДРялъул Х1укуматалъул Председателасул т1оцевесев заместитель А. Карибов, Муг1рузул территориалияб округалда Дагъистаналъул Бет1ерасул вакил Г1. Г1абдулмуслимов, республикаялъул маданияталъул министр Зарема Бутаева, хъвадарухъабазул союзалъул председатель М. Ах1мадов, нухазул Агентствалъул нухмалъулев З. Хочбаров ва гь.ц.
|
Автор.Н.Г1алиева.Июнь 2016с.
Жакъа нижехъе гьоболлъухъ вач1ун вук1ана Россиялъул фермеразул маг1ишатазул ва росдал маг1ишаталъул кооперативазул Ассоциациялъул съездалъул делегат, районалда ругел рекьарухъабазулгин фермеразул маг1ишатазул Ассоциациялъел председатель Макъсудов Мух1удада Мух1амадович. Нижедаги гьесдаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.
|
Автор.П.Гунашева.Июнь 2016с.
Кире аниги, чан тохтурас хал гьабуниги васасул рек1ее щиб бугебали ч1езабун диагноз лъезе к1веч1о, гьевги вачун эбел-эмен Москваялде ине х1адурулел рук1ана. Рек1ехъги г1енеккун тохтур Юсупов Г1алибегица абула васасул рек1ее щибго г1узру гьеч1ин, рак1 цодагьаб кваранидехун къан бижараб бугин асулан, гьединлъидал рек1ел кьабиги гъугъго раг1улеб бугилан. Хадуб хал гьабидал, гьедин батизеги батула. Гьелдаса нахъе росдал г1адамаз Г1алибегида ч1агояв рентген абун ц1ар лъола.
|
Автор.Ф.Мух1амадова.Июнь 2016с.
Моц1г1ан заман буго нилъер районалда районалъул жамг1ияб палата х1алт1изе лъугьаралдаса. Гьеб къокъабго заман бук1аниги, к1иабилеб нухалъ данделъана халкъалъул ургъелал, т1алабал т1алъиялъухъе росизе бокьилин жидееян загьир гьабурал 23 районцоял-делегатал! Бихьизабизе ккола,гьеб коллегиалияб, к1вар бугел лъугьа-бахъинал, жамг1ияталъул масъалаби т1уразариялъе нухал рихьизаризе ихтияр кодосеб идара к1иго соналъе бищун бук1унеблъи.
|
|