Автор.Н.Г1алиева.Май 2016с.
15 маялда Россиялда к1одо гьабула халкъазда гьоркьосеб хъизаналъул къо. Кинаб г1илла бугеб хас гьабун гьеб къо к1одо гьабиялъе? Нилъеда сверухъ г1емер дандч1вала зах1матаб ах1вал-х1алалде ккарал, ресукълъиялда ругел, лъимал-инвалидал, бесдалал хьихьарал хъизанал. Гьединазул кумек-т1алаб гьаби, гьезул рахъкквей нилъер пачалихъалъул гуребги, сверухъ ругел, аск1ор х1алт1улел, г1адамазулги Аллагьасулги рахъалъан кириги щолеб, г1адамазул рахъалъан босани, баркалаги к1удияб х1алт1и ккола.