Автор.Г1алиева Пат1имат Бакьагьеч1и росу, 9 класс.Февраль 2016с.
6 февралалда г1агараб Бакьагьеч1и школалда г1уц1адго т1обит1ана росуцояв, врач, художник, хъвадарухъан, лъик1ав инсан Г1алиев Гъайирбегилгун дандч1ваялъул вечер.Тадбир х1адурана 4 ва 9 классазул нухмалъулел Г1алиева Зумрудил ва Мух1амадова Муслиматил х1аракаталдалъун. Махщалида вечер бачана 9 классалъул ц1алдохъаби Г1алиева Пат1иматица ва Будагилова Марямица. Ц1алдохъабаз пасих1го ва камилго ц1алана росуцоясул куч1дул, бихьизабуна врачасул махщелалъул гьит1инабго церерахъин ва гьесул х1акъалъулъ видеоролик.