Пятница, 19.04.2024, 14:01 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Декабрь » 12 » 2015 СОН-АДАБИЯТАЛЪУЛ СОН.ЖАМАГ1АТ БАХИЛАВ, РОСУ Ч1УХ1АРАВ.
20:12
2015 СОН-АДАБИЯТАЛЪУЛ СОН.ЖАМАГ1АТ БАХИЛАВ, РОСУ Ч1УХ1АРАВ.

Нилъер район кидагоги бечедаб бук1ана г1и-боц1ухъабаздалъун, поэтаздалъун, художниказдалъун ва гь.ц. ц1ар раг1арал, г1акъилал, лъай бугел г1адамаздалъун. Гьединал машгьурал г1адамал к1одо гьарун нилъер районалда г1емер т1орит1ула дандч1ваял, вечерал, юбилеял. Гьал г1агарал къоязда Г1урк1ач1и росдал жамаг1аталъ к1одо гьавуна, жидер росдал ч1ух1и, чанго т1ехьалъул автор, шаг1ир, хъвадарухъан, журналист, публицист, киносценарист, драматург, художник Г1абдулг1азизов Мух1амад.

Гьавуна Мух1амад 1962 соналъул 12 октябралда. 1980 соналъ Х1ариколо гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана Дагъистаналъул Джемалил ц1аралда бугеб художественнияб училищеялде. 1996 соналъ гьес т1ок1лъиялда лъуг1изабуна Максим Горькиясул ц1аралда бугеб Москваялъул Литературияб институт. Ц1алана Россиялъул ц1ар раг1арав критик Михаил Дабановас бачунеб бук1араб прозаялъул отделениялда.

Мух1амад Г1абдулг1азизов х1алт1ана: Дагъистаналъул т1ахьазул издательствоялда бет1ерав художественнияв редакторлъун, «Х1акъикъат» газеталъул мухбирлъун, Шималияб Кавказалда «Эркенлъи» радиоялъул хасав мухбирлъун, Буйнакскиялъул педколледжалда Дагъистаналъул адабияталъул муг1алимлъун, «Авиценна» ва «Буйнакские вести» газеталъул бут1ерав редакторлъун, «Авиаценна» типографиялъул генералияв директорлъун, Буйнакскиялъул администрациялда МЧСалъул аслияв специалистлъун. Гьабсаг1аталда Мух1амад Г1абдулг1азизов х1алт1илев вуго Буйнакскиялъул администрациялъул бет1ерасул пресс-хъулухъалъул нухмалъулевлъун. Цадахъго гьев ккола Буйнакс шагьаралъул ва Буйнакск районалъул хъвадарухъабазул Ассоциациялъул председательги.

Жиндирго художествениял асарал гьес хъвала маг1арул ва г1урус мац1азда. М. Г1абдулг1азизов ккола: «Берцинай», «Накъшубандиял ц1ваби» «Т1арикъаталъул жавгьар», «Шаг1ирасул сверабазда», «Тренер от бога», «Къудукьа Мусалав», «Г1абдурах1ман-х1ажи Сугъурияв», «Кибритул ах1мар-2», «Стоик Российской политики», «Лах1затаб даимлъи», «Дунялалъул ахирай ч1ужуг1адан», «Караван мудрости», «Война без линии фронта», «Устар Сайид Г1ободияв», «Развитие ислама в России», «Кривые зеркала» т1ахьазул автор. Гьединго Мух1амад ккола «Дагъистан» кинокомпаниялъ рахъарал лъабгониги художественниял фильмазул директорги. Гьезул цояб буго Г1абдулг1азизовасул «Дунялалъул ахирай ч1ужуг1адан» абураб къисаялда рекъон бахъараб. Гьеб киноялда аслияб рольги гьес жинцаго х1алеб буго. Гьеле гьев машгьурав актер, ц1ар раг1арав поэт, махщел т1ок1ав хъвадарухъан, гьунар бугев художникасул юбилеялъулаб данделъи т1обит1улеб к1алг1а г1урк1еч1дерица байрамалъулаб къаг1идаялъ къач1ан бук1ана. Сверухъе лъурал т1угьдузул квац1абазги, байрамалъулаб къаг1идаялъ берцинго рет1а-къарал ц1алдохъабазги, росдал жамаг1аталъги, т1аде ах1арал х1урматиял гьалбадерицаги занк1ун ц1ураб залалъ данделъаразе унго-унгояб рохалилаб асар гьабич1ого теч1о. Киназулго ч1валеб хъатил сасалда гъоркь сценаялде вач1ана гьеб вечералъул г1айибияв-Г1абдулг1азизов Мух1амад, Хунзахъ муниципалияб г1уц1иялъул бет1ер Саг1ид Юсупов, районалъул культураялъул отделалъул начальник Ирайгьанат Мух1амадова, районалъул бет1ерасул заместителал Шамил Г1аммаев ва Асадг1али Г1абдуразакъов, лъай кьеялъул отделалъул начальник Залимхан Г1умаров ва цогидалги х1урматиял гьалбал.

Дандеруссин рагьарал Г1урк1ач1и аслияб школалъул ц1алдохъабаз г1одорч1аразе бицана жидер ч1ух1илъун кколев Мух1амад Г1абдулг1азизовасул биография, махщалида рик1к1ана ва ах1ана гьесул куч1дул. Хадуб к1алъазе раг1и босарав Саг1ид Юсуповас бицана исана литератураялъул сонги бугелъул, кир г1умру гьабулел рук1аниги нилъерго ц1ар раг1арал г1адамал к1одо гьаризе кколеблъиялъул, баркала кьуна Мух1амадие ах1и басра гьабич1ого росдалги районалъулги зах1матчаг1азда дандч1вазе заман батаралъухъ, район республикаялда ва Россиялда раг1изабизе х1аракат бахъаралъухъ. Ахиралдаги гьарана гьесие творческиял бергьенлъаби, чорхое щулияб сахлъи, х1алт1улъ цебет1ей, рокъоб парахалъи.

Баркиялъул раг1абигун к1алъазе яхъарай Г1урк1ач1и аслияб школалъул абадияталъул дарс кьолей учительница Мух1амадова Пат1иматица ц1алана жинцаго Мух1амадиде гьабураб кеч1, бицана гьев творчествоялъул борхалъуде вахунеб нухда вугин ва ц1алдолезул г1емерал анищал т1уразе гьесда к1везе бугилан. Жиндирго к1алъаялъул ахиралда Пат1иматица М. Г1абдулг1азизовасул эбелалде, ч1ужуг1аданалде гьарурал куч1дул рик1к1ине раг1и кьуна школалъул ц1алдохъабазе.

К1алъазе раг1и кьурав Хьаргаби районалъул Могьохъа Г1умар Аварскияс абуна Мух1амад Г1абдулг1азизов кколила Дагъистан берцин гьабурав, ц1идасан баккараб ц1ва г1адав г1олохъанав шаг1ир.

- Дун вохарав вуго,-ян абуна гьес,- гьесул гьунаралъе байбихьи Г1урк1ач1исан лъураб бук1иналдаса.  Живги нужер г1агарав чи кколилан т1адеги жубана гьес, киг1ан хъвадарухъан вук1аниги, жив бахиллъизе вач1унев вугила нужер районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповасда. Жидер районалда  шаг1ирзабазул ц1ар раг1арал г1адамазулгун гьадинал дандч1ваял къанаг1атгицин рук1унел  жал гурилан бицана гьес. Баркала бугила Саг1идие гьаб вечералде Мух1амадги к1одо гьавун Г1урк1ач1иве вач1аралъухъ. Ахиралдаги Г1умар Аварскияс Мух1амадие творческиял бергьенлъабиги, жамаг1аталда баракатги лъейгийилан гьари-рахьиги гьабуна.

К1алъазе рахъарал Мух1амадил т1оцевесев учитель Мух1амадов Исмаг1илица, Г1урк1ач1и росдал администрациялъул бет1ер Г1абдулмажидов Мух1амадица, Г1урк1ач1и аслияб школалъул директор Мух1амадов Х1амзатица, росуцояв Гьит1инов Г1абдулмажидица г1ахьаллъаразе бицана школалда ц1алулеб мехалъ г1амал-хасият берцинав, чиясул къимат гьабизе лъалев, адаб-хъатир бугев, маг1арул ях1ги-намусги ц1унарав ц1одорав вас  Мух1амад вук1иналъул, школа лъуг1ун хадуб гьес жиндирго г1умру поэзиялда, журналистикаялда хурхине гьабиялъул, росдал жамаг1аталъ гьесул гьабулеб адаб-х1урматалъул ва гьесул асарал ц1алдолез гъираялда къабул гьариялъул. Жидерго к1алъаязул ахиралда гьез юбилярасе рак1алде щвеялъул сайгъаталги кьуна. Г1емерал к1алъаял рук1ана гьеб дандч1ваялда Мух1амадиеги гьесул творчествоялъеги къимат кьолел. Щибаб к1алъаялда гьез загьир гьабулеб бук1ана гьесул асараздехун жидерго бугеб г1орхъи гьеч1еб рокьи.

Жавабалъулаб к1алъай гьабурав Мух1амадица к1удияб разилъигун лъазабуна: «- Дун вохана, хинлъана, кутакалда намуслъана, жакъа нужеца гьаб х1алалда к1одо гьавиялдаса, киназего рак1-рак1алъулаб баркала дие г1оло гьабгощинаб заманги хвезабун гьанире рач1аралъухъ. Абула шаг1ирасул калам халатаб гуреб, къокъаб бук1ине кколилан». Гьединлъидал дицаги к1алъай дирго кеч1ги рик1к1ун лъуг1изабулеб бугилан Шамил имамасде гьабураб кеч1 рик1к1ана.

Шаг1ирасул вечералъул дандеруссин кутакаб пагьму-гьунаралда, артисткаялъулаб махщалида ц1акъ берцинго нухда бачана Буц1ра гьоркьохъеб школалъул ц1алдохъан Нух1ова Санижатица.

Вечералъул ахиралда г1урк1еч1дерица т1аде рач1арал х1урматиял гьалбадерие г1уц1ун бук1ана ниг1матаз бечед гьарурал столазда нахъа лъик1аб маг1арул гьоболлъи. Гьенибги к1алъазе рахъараз Мух1амадил адресалда абуна ц1акъго рек1елъе рортулел, гьесие г1умруялда, поэзиялъул нухда ч1ах1иял бергьенлъаби, щулияб сахлъи, сундулъго икъбал-талих1 гьарарал хинал раг1аби.

У. Къурамух1амадова.

  

Просмотров: 714 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz