Автор.Ф.Мух1амадова.Декабрь 2015с.
Пулеб-балеб г1азул къо бук1ана. Х1ерха-двариялда редакциялде жаниве лъугьун вач1ана районалъго х1урмат гьабулев, ч1ух1араб ансадерил г1ансиде къуларав, къадруяб хъах1аб магжил аксакал. Т1аде баччараб цо ургъел бук1инч1ебани, гьаб зампариялда к1удияв къват1иве вахъинароанилан дица бахъа-батана гьесул мурад.
|
Автор.П.Гунашева.Декабрь 2015с.
ЧIара-хьараб, гIодобе биччараб, метерисеб къо кинаб букIинебали цебеккунго лъалеб СССР биххидал, кьучIдасанго хисана улкаялъул экономика, политика, гIадамазул гIумру. Пачалихъиял идарабазда цадахъ, раккана жалго гIадамал бетIергьанал гIуцIаби, «базаралъулаб» экономика, инфляция, дефолт, кризис гIадал гIадатияб халкъалда михир бачунел лъугьа-бахъинал. Къасиялдаса радалалде зодоре рахун ратула кинабго жоялъул багьаби, рагьула-къала кьер-кьерал банкал, гIадада гьоркьор уна чанги гIадамазул гIарцал. Цере рукIарал банкалги къан, нилъер районалдаги рагьана Сбербанкалъул ва Россельхозбанкалъул филиалал. ГIарани бугеб Сбербанкалъул хIалтIул хIакъалъулъ дагьабгIаги гIадамазда лъалеб батани, райцентралда хIалтIулеб Россельхозбанкалъул къанагIатав чиясда гурони лъаларо. Гьеб гуребги, цебе гьебго бакIалда букIараб банк къайдал, гьелъул хIалтIуда хурхун, гIадамазул захIмалъаби лъугьиналъги, Россельхозбанкалде унезул къадар дагьаб буго. Банкалъул хIалтIул бицеян дица гьарана гьелъул дагьал церегIан моцIаз цIи тарав нухмалъулев Юсупов Юсупбег МухIамадовичасда.
|
Автор.Н.Г1алиева.Декабрь 2015с.
Гьанжесеб обществалъ педагогасда цебе лъолел руго г1ун бач1унеб г1ел кинабго рахъалъ цебе т1ураблъун куцаялъе, гьелъ г1умрудул нухда къвак1ун цебехун гали босиялъе г1езаг1ан зах1матал масъалаби. Гьел бергьенлъиялда т1уразариялъе к1вар буго цогидал тадбиразда цадахъго, конкурсал т1орит1иялъулги. Гьеб мурадалда бищунго х1албихьи ц1ик1к1араб район х1исабалда, нилъер районалда исана к1иабилеб нухалда т1обит1ана Муг1рузул районазда гьоркьоб «Лъаг1алил учитель-2016» конкурс. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна Ц1умада, Ц1унт1а, Ч1арада, Хунзахъ, Шамил, Болъихъ, Г1ахьвахъ районаздаса, Бежт1а участкаялъул вакилзабаз.
|
|