Автор.П.Гунашева.Октябрь 2015с.
Г1и-боц1ухъанлъиялда ругезе хасалихъе заман ккола бищунго х1алуцараб мех: х1адурун бук1ине ккола г1ураб къадар раг1и-хералъул, г1и-боц1уца квачач1ого хасел т1амуледухъ къач1ан рук1ине ккола бокьал, унтабазде дандеч1еялъе х1ажатаб дару-сабаб гьабун, чурун бук1ине ккола г1и-боц1иги. Жиндир заманалда, кват1изег1ан ч1еч1ого муг1руздаса хасалил муч1дузде гочинабун бахъине ккола г1иги. Лъуг1ун бахъанин абизе бегьула нилъер районалда г1и гочиналъул кампания. Гьелъул ва гьабсаг1аталда жаниб г1и-боц1ухъанлъиялда ругел цо-цо масъалабазул, гьарурал х1алт1абазул дие бицана районалъул ветеринарияб управлениялъул нухмалъулев Г1амирханов Хъарачуца.