Автор.Н.Г1алиева.Октябрь 2015с.
1941 соналъул 22 июналда нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1ана Гитлерилаб Германия. Гьанжего гьанже михъида х1ур ч1вазе байбихьарал г1олохъабиги рагъде ун, росабалъ хут1арал руччабаздеги, харабаздеги, г1исинал лъималаздеги т1аде ккана х1алт1ул кинабго зах1малъи. Рагъде аразул цо-цоял орденал, медалазул керенги ц1ун т1ад руссун ратаниги, цогидаз рух1 кьуна г1агараб Ват1аналъе г1оло гьабулеб ц1об гьеч1еб рагъда. Чанги улбул, руччаби, ясал, яццал хут1ана г1умруялъго васазухъ, россабазухъ, инсухъ, вацазухъ инагьдулел, гьезухъ ралагьун. Гьеле гьедин хут1аразул цояй ккола Уздалросолъа Х1усенова Мухлисатги.